|
| 1 |
|
| Божи-иман загІипав чи нужехъего ваче, гьесул пикрабазухъ балагьун дагІбадизе-къацандизе лъугьунге. |
|
| 2 |
|
| Масала, цоясул божи-иманалъ гьесие изну кьола бокьа-бокьараб квен кваназе. Амма цогидав божи-иман загІипав чияс гьан кваналаро. |
|
| 3 |
|
| Бокьараб квен кваналес хІакъир гьавизе бегьуларо гьеб кваналарев чи. Бокьараб квен кваналарес гьеб кваналесда гІайиб чІвазеги бегьуларо, — гьевги Аллагьас къабул гьавунлъидал вугев. |
|
| 4 |
|
| Дур ихтияр щиб чияр лагъасда гІайиб чІвазе? Квеш хьваданиги, лъикІ хьваданиги, бетІергьанас тІубала гьесул иш. ХІакълъунго лъикІ хьвадила гьев. БетІергьанасда хІалкІолелъул гьев лъикІ хьвадизавизе. |
|
| 5 |
|
| Цояс рикІкІуна пуланаб къо цогидаздаса хирияб бугилан. Цогидасе киналго къоязул батІалъи гьечІо. Виччанте щивав чи жиндир гІакълу нахъгІунтІараб къагІидаялъ хьвадизе. |
|
| 6 |
|
| Пуланаб къо хирияб бугилан рикІкІунес гьеб гьабула ТІадегІанасе гІоло. Гьан кваналесги гьеб кванала ТІадегІанасе гІоло, кванан вахъараб мехалъ гьесие рецц гьабулелъул. Гьан кваналаресги гьеб кваналаро ТІадегІанасе гІоло — гьесги Аллагьасе рецц гьабулелъул. |
|
| 7 |
|
| Нилъеда гьоркьов цониги чи гьечІо цохІо жиндиего гІоло гІумру гьабулев, нилъеда гьоркьоса цониги чи цохІо жиндиего гІоло хвезеги холаро. |
|
| 8 |
|
| Нилъ чІаго ругеб заманаялъ, нилъ рукІуна ТІадегІанасе гІоло гІумру гьабулел. Хвезеги нилъ ТІадегІанасе гІоло хола. ЧІаго ругониги, хун ругониги — ТІадегІанасул халкъ буго нилъ. |
|
| 9 |
|
| Щайин абуни, МасихІ хвана ва чІаголъана хваразулги чІагоязулги ТІадегІанавлъун лъугьине. |
|
| 10 |
|
| Щай дуца дурго диналъул вацазда гІайиб чІвалеб? Яги щай дуца гьел хІакъир гьарулел? Нилъее киназего суд Аллагьасин гьабизе бугеб. |
|
| 11 |
|
| ТІухьдузда хъван буго: «Дун чІаго вукІин хІакъаб бугеб гІадин, щибаб наслуялъ дие сужда гьабизе букІинги, щибаб мацІалда Аллагьасе рецц гьабизе букІинги хІакъаб бугилан гьедулев вуго БетІергьан». |
|
| 12 |
|
| Нилъер щивав чияс жинцаго кьела Аллагьасда цебе жаваб. |
|
| 13 |
|
| Гьединлъидал, рачІа нилъеца цоцазда гІайиб чІваларин. Бищунго лъикІаб букІина диналъул вац къосинавулеб яги гьев мунагьалъукье кколеб иш гьабичІого тани. |
|
| 14 |
|
| ТІадегІанав ГІисагун цолъарав чи вугелъул, дир тІубанго ракІчІола цониги нигІмат жибго жиндасанго хІарамлъулареблъиялда. Инсанас жинцаго хІарамаблъун рикІкІунеб нигІмат гьесие хІарамаблъун лъугьуна. |
|
| 15 |
|
| Амма дуе хІалалаб нигІмат сабаблъун дуца дурго диналъул вац къварид гьавулев вугони, гьесдехун рокьи гьечІолъи бихьула гьелдасан. Кваналеб нигІмат сабаблъун хвезавуге жиндие гІоло МасихІ хвалде арав дурго диналъул вац. |
|
| 16 |
|
| Нужеца лъикІалилан рикІкІунел ишазул хІакъалъулъ квешаб хабар тІибитІизе биччаге. |
|
| 17 |
|
| Нужеца кваналелда яги гьекъолелда бараб гьечІо Аллагьасул ПарччахІлъи. Гьеб ккола Илагьияб РухІалъ насиблъизабулеб ритІухълъиги, саламалъиги, рохелги. |
|
| 18 |
|
| Гьедин МасихІие хъулухъ гьабулевщинав чиясдаса Аллагь разилъула, гІадамаз гьесул хІурматги гьабула. |
|
| 19 |
|
| Гьединлъидал, рачІа нилъеца хІаракат бахъизин нилъеда гьоркьоб рекъелги щулалъулел, цоцазе квербакъиги камиллъулел ишал гьаризе. |
|
| 20 |
|
| Кванил нигІмат сабаблъун Аллагьасе бокьухъе гІуцІараб иш гІадада хвезабуге. Кинабгоги нигІмат хІалалаб буго. Амма цо кинабалиго нигІмат кваналеб бугин гьесилан дуца инсан къосинавизе бегьуларо. |
|
| 21 |
|
| Диналъул вац къосинавизегІан, гьан кваначІого, чагъир гьекъечІого чІей лъикІ. |
|
| 22 |
|
| Гьелъул рахъалъ дурго пикру дуего те, дудаги Аллагьасдаги лъазе биччанте гьеб. Гьардарав гурищ, жиндирго пикруялда рекъон хьвадун, жиндаго гІайиб чІваларев чи. |
|
| 23 |
|
| Пуланаб нигІмат жиндие хІарамаб батилилан щаклъи ккун хадуб, гьеб кванарав чиясе тамихІ гьабула, — жиндирго божи-иманалда рекъон хьвадулев гьечІелъул. Божи-иман жиндир аслу-кьучІлъун гьечІебщинаб жо мунагь ккола. |
|
|
|
|