|
| 1 |
|
| Нилъер зурияталъул эмен Ибрагьимил хІакъалъулъ щибилан нилъеца абилеб? Щиб гьесие загьирлъараб? |
|
| 2 |
|
| Ибрагьим жиндирго лъикІал ишаздалъун ритІухълъаравани, Аллагьасда цеве гурев, гІадамазда цеве чІухІизе бегьилаан гьев. |
|
| 3 |
|
| ТІухьдузда щиб хъван бугеб? «Ибрагьим Аллагьасда божана, гьединлъидал гьес гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана». |
|
| 4 |
|
| Сайигъат гуро хІалтІухъанасе кьолеб мухь — гьесие кколеб харж буго. |
|
| 5 |
|
| Амма инсанас, жиндирго ишазда гуреб, мунагьазул цІуралги ритІухъаллъун гьарулев Аллагьасде лъураб иманалда мугъчІвалеб бугони, гьесул божи-иман сабаблъун, Аллагьас гьев рикІкІуна жиндие ритІухъав чилъун. |
|
| 6 |
|
| Ишазухъ балагьичІого, ритІухъал чагІилъун рикІкІаразде Аллагьасул баркат рещтІиналъул бицунаго, гьебго жо абулеб буго Давудицаги: |
|
| 7 |
|
| «Гьардарал гурищ жидер мунагьги чурарал хІакъалда тІасаги лъугьарал чагІи. |
|
| 8 |
|
| Гьардарав гурищ жиндир мунагь БетІергьанас бахчарав чи». |
|
| 9 |
|
| ГІицІго сунат гьабуразейищха гьеб баркат щолеб, сунат гьабичІезе щоларебищ? Дица бицана Ибрагьимил божи-иман сабаблъун рикІкІанин Аллагьас гьев жиндие ритІухъав чилъун. |
|
| 10 |
|
| Кида гьеб букІараб — гьес сунат гьабилелдейищ, гьабун хадубищ? Сунат гьабун хадуб гуреб, сунат гьабилелдего букІана гьеб. |
|
| 11 |
|
| Сунат гьабилелдего, божи-иманалъухъ балагьун, гьев ритІухъ гьавуна Аллагьас. РитІухъав вукІиналъул мугьру гІадинаб гІаламатлъун лъугьана цинги Ибрагьимил сунат. Иман лъуразда гьоркьоса киналго сунат гьабичІезулги эменлъун лъугьана Ибрагьим, божи-иманалъухъ балагьун Аллагьас гьел ритІухълъизаридал. |
|
| 12 |
|
| Гьединго сунат гьабуразулги эмен вуго Ибрагьим. Сунат гьабурал рукІин гуребги, гьел Ибрагьимил нухдасан ана, сунат гьабилелдего гьесулъ букІараб божи-иман гьезулъги букІиндал. |
|
| 13 |
|
| Къанун цІуниялдалъун гуреб, божи-иманалдалъун Ибрагьим ритІухълъизавидал, гьаб дуниял нужее насиблъизабилин рагІи кьун букІана Аллагьас Ибрагьимиеги гьесул наслуялъеги. |
|
| 14 |
|
| ГІицІго Къануналъ малъухъе хьвадулезе гьеб рагІи кьун букІарабани, божи-иманалъул щибго пайда букІинароан, кьураб рагІиги гІадада ккелаан, |
|
| 15 |
|
| Къануналъ Аллагьасул ццин бахъинабулелъул, Къанун гьечІеб бакІалда такъсирги букІунаро. |
|
| 16 |
|
| Гьединлъидал гьеб рагІи кьеялъе сабаблъун божи-иман лъугьана ва гьел мустахІикълъичІеб сайигъатлъун букІана. Гьедин кьураб рагІи хвезабиларилан къотІиги гьабуна Аллагьас Ибрагьимил наслуялъе: Къануналъ малъухъе хьвадулезе ва Ибрагьимил божи-иманалъул нух ккуразе. Нилъер киназулго эмен вуго гьев. |
|
| 17 |
|
| ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дица мун гІемерал халкъазул эменлъун гьавила». Гьес иман лъурав Аллагьасда цеве нилъер эмен вуго Ибрагьим. Хварал чІаголъизарулев, гьечІелъуса щибгоги букІинабулев Аллагьин гьев! |
|
| 18 |
|
| Хьул къотІараб мехалъги хьул лъун божана Ибрагьим Аллагьасда. Гьединлъидал гІемерал халкъазул эменлъун лъугьана гьев: «Дур наслуялъул гІадамал цІвабигІан гІемер рукІина», — ян ТІухьдузда хъварабги ритІухълъун. |
|
| 19 |
|
| Нусго соналде вахунев вугев жиндир чорхол чІаголъи хун букІиналъул ва лъимер ургьиб хулулареб херлъиялде ян Сарат йикІиналъул пикру гьабичІого, божи-иман загІиплъизе биччачІо гьес. |
|
| 20 |
|
| Аллагьас кьураб рагІи холилан ракІалдецин ккечІого, божи-иманалъулъ щулалъана ва Аллагьасе рецц гьабуна. |
|
| 21 |
|
| Кьураб рагІи тІубазабизе къуват Аллагьасул букІиналда щибго щаклъи гьечІого божана. |
|
| 22 |
|
| Гьеле гьединлъидал Аллагьас «гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана». |
|
| 23 |
|
| ГІицІго гьесул хІакъалъулъ гуро хъван ругел «ритІухъав чилъун рикІкІана» абурал гьел рагІаби. |
|
| 24 |
|
| Аллагьас ритІухъал чагІилъун рикІкІине ругел ва ТІадегІанав ГІиса хваралъуса вахъинавурав Аллагьасда божулел нилъер хІакъалъулъгийин. |
|
| 25 |
|
| Нилъер мунагьал чуриялъе гІоло хвалде ана ГІиса ва нилъ ритІухълъизариялъе гІоло Аллагьас чІаголъизеги гьавуна. |
|
|
|
|