|
| 1 |
|
| Илагьияб РухІалъ кьураб махщел-гьунаралъул рахъалъ абуни, дие бокьун гьечІо, вацал, нужеда гьеб мекъи бичІчІизе. |
|
| 2 |
|
| Нужеда ракІалда бугищ, мажусияллъун рукІараб заманалда аллагьзабийилан тарал, кІалъазе кІал гьечІел жалазе лагълъи гьабиялъ нуж батІи-батІияб къагІидаялъ къосинарураб куц? |
|
| 3 |
|
| Гьединлъидал дие бокьун буго нужеда бичІчІизе: инсанасулъ Аллагьасул РухІ бугони, гьес абиларо ГІисае нагІана батагийилан. Жиндилъ Илагьияб РухІ гьечІони, лъицаниги абиларо ГІиса ТІадегІанав вугилан! |
|
| 4 |
|
| Махщел-гьунар батІи-батІияб букІуна. Амма гьеб кинабго цохІо Илагьияб РухІалъ кьола. |
|
| 5 |
|
| Хъулухъ гьабиялъулги руго батІи-батІиял къагІидаби. Амма гьел киналго цохІо ТІадегІанасе руго. |
|
| 6 |
|
| ХІалтІи-ишги батІи-батІияб буго. Гьеб кинабго гьабизе киналго тІамулев Аллагь цохІо вуго. |
|
| 7 |
|
| Щивав инсанасулъе РухІ хасаб къагІидаялъ рещтІуна киназего пайдаялъе. |
|
| 8 |
|
| Цоясе РухІалъ кьола гІакъилаб калам, цогидасе гьебго РухІалъ кьола гІелму-лъай малъизе махщел. |
|
| 9 |
|
| Гьебго РухІалъ цогидасулъе иман тІинкІула, цогидасе гьебго РухІалъ кьола унтарал сахлъизаризе гьунар; |
|
| 10 |
|
| цоясе кьола мугІжизат бихьизабизе къудрат, цогидасе — иман лъуразул агьлуялда Аллагьасул амру лъазабизе махщел; цоясе — РухІалдасан бугебги гьелдасан гьечІебги батІа гьабизе гьунар, цогидасе — батІи-батІиял мацІазда кІалъазе лъай, яги батІи-батІиял мацІазда бицунеб жо цогидазда бичІчІизабе бажари. |
|
| 11 |
|
| Гьеб кинабго гьабула цохІо РухІалъ, гьедин жиндиего бокьухъе щивав чиясе кьола гьелъ махщел-гьунар. |
|
| 12 |
|
| Мисалалъе босилин инсанасул черх. Черх цо буго, лугби гІемер руго. КигІан гІемер ругониги гьел лугбуздасан лъугьун буго цохІо черх. Гьединав вуго МасихІги. |
|
| 13 |
|
| ЦохІо РухІалдалъун киналго нилъ чурун рацІцІалъана, цого черхлъун лъугьана — жугьутІалги, грекалги, лагъзалги, уздензабиги. Цого РухІалдасан гьекъезаруна киналго. |
|
| 14 |
|
| Цо лагаялдасан гуро черх лъугьун бугеб, гІемераздасанин. |
|
| 15 |
|
| Масала, бохалъ жиб квер гурин ва гьаб черхалъул лагаги гурилан абуниги, чорхол лагалъун хутІулагури гьеб. |
|
| 16 |
|
| Яги гІиналъ жиб бер гурин ва гьаб черхалъул лагаги гурилан абуни, чорхол лагалъун хутІулагури гьеб. |
|
| 17 |
|
| ТІолабго черх цохІо бералдасан гІуцІараб букІарабани, гьелда кин рагІилеб букІараб? ТІолабго черх гІиналдасан гІуцІараб букІарабани, махІ кин гьелда лъалеб букІараб? |
|
| 18 |
|
| Амма Аллагьас киналго лугби ургъунго цо чорхолъ рекъезарун руго ва щибаб лагаялъе бакІги бихьизабун буго. |
|
| 19 |
|
| Кинабго цо лага бугони, черх букІинищха. |
|
| 20 |
|
| Гьединлъидал лугби гІемер руго, черх цо буго. |
|
| 21 |
|
| Бералъ квералда абизе рес гьечІо дие мун къваригІунарилан. Яги бетІералъ бохдузда абизе рес гьечІо дие нуж къваригІунарилан. |
|
| 22 |
|
| Амма бищунго загІипалилан кколел лугби чорхое лъугьун ратула бищунго къваригІунеллъун. |
|
| 23 |
|
| [23-24] «ХІурмат гьабизе» кколарелилан рикІкІунел лугбузул гурищ нилъеца цІикІкІун тІалаб гьабулеб? Берцинал лугбуздехун гьечІеб тІалаб-агъаз гьабулагури нилъеца сураралилан кколел лугбузул. Аллагьас черх гІуцІун буго къимат гьечІел лугбузул тІалаб-агъаз цІикІкІунеб къагІидаялъ, |
|
| 24 |
|
|
|
| 25 |
|
| — чорхолъ дагІба-рагІи ккечІого букІине ва киналго лугбуз бащадго цоцазул тІалаб-агъазги гьабизе. |
|
| 26 |
|
| Цо лага унтани, киналгоги унтула. Цо лага беццани, киналгоги рохула. |
|
| 27 |
|
| Нуж киналго МасихІил черх ккола. Нужер щивав чи гьеб чорхол лагаги бутІаги ккола. |
|
| 28 |
|
| Иман лъуразул агьлуялъе Аллагьас тІоцере чапарзаби тІамуна, кІиабизе — халкъалда Аллагьасул амру лъазабулел чагІи, лъабабизе — мугІалимзаби, цинги мугІжизат бихьизабулел чагІи, цинги гІадамал сахлъизарулел чагІи, кумекчагІи, бетІерлъи гьабулел чагІи, батІи-батІиял мацІазда кІалъалел чагІи ритІана. |
|
| 29 |
|
| Кинавго чи чапар вукІуневищ? Кинавго чиясухъа бажарулебищ Аллагьасул амру халкъалда лъазабизе? Кинавго чи мугІалим вукІуневищ? Кинавго чиясда кІолебищ мугІжизат бихьизабизе? |
|
| 30 |
|
| Кинавго чиясул букІунебищ унтарал сахлъизаризе гьунар? Кинавго чиясухъа бажарулебищ батІи-батІиял мацІазда кІалъазе? Кинавго чиясухъа бажарулебищ батІи-батІиял мацІазда цогидазда бичІчІизабизе? |
|
| 31 |
|
| Амма нужеца тІалаб гьабе бищунго лъикІаб махщел-гьунар щвезе. Гьанже дица нужеда бихьизабила гьелдасаги лъикІалде нуж рачунеб нух. |
|
|
|
|