|
| 1 |
|
| Киналго халкъазул, малаикзабазулгицин мацІалда кІалъазе лъалеб бугониги, дилъ рокьи гьечІони — дун ккола бухулеб къалиги пулеб зурмаги. |
|
| 2 |
|
| Аллагьасул киналго амруял дица халкъалда лъазарулел ругониги, кинабго балъгояб гІелму-лъай дилъ бугониги, мугІрул рилълъанхъизаризе кІолеб божи-иман бугониги, — дилъ рокьи гьечІони, дунги гьечІо. |
|
| 3 |
|
| Дица дир бугебщинаб боцІи-рикъзи мискинзабазе бикьаниги, дирго черх бухІизе кьуниги — дилъ рокьи гьечІони, щибго пайда гьечІо дие. |
|
| 4 |
|
| Рокьулъ сабру буго, гурхІел-рахІму буго, рокьулъ берчІегІерлъи гьечІо, рокьи беццаруларо, рокьи чІухІдаруларо, |
|
| 5 |
|
| рокьулъ тІасанккей гьечІо, жиндиего пайдаялда хадубги лъугьунаро, рокьи ццидахунаро, гІайиб-гъвел гьелда кІочон тола, |
|
| 6 |
|
| квешабщиналдаса бохуларо гьеб, хІакъабщиналдаса бохула. |
|
| 7 |
|
| Рокьи кидаго тІасалъугьуна, кидаго божула, кидаго хьул-къасдалда букІуна ва гьелъ щибго хІехьола. |
|
| 8 |
|
| Рокьи киданиги лъугІуларо. Аллагьасул амруял халкъалда лъазарулел руго — гьеб лъугІила. БатІи-батІиял мацІазда кІалъалел руго — гьебги тІагІина. ГІадамазулъ гІелму-лъай буго — гьебги лъугІила. |
|
| 9 |
|
| Нилъер гІелму-лъай камилаб гьечІелъулха, Аллагьасул амруял ричІчІиги камилаб гьечІелъулха. |
|
| 10 |
|
| ТІубанго камиллъараб тІаде бачІараб мехалъ, камиллъичІебщинаб тІагІина. |
|
| 11 |
|
| Лъимер вугеб мехалда дун лъимер гІадин гаргадулаан, лъимаца гІадин пикру гьабулаан, лъимадул гІадинаб гІакълуги букІана дир. КІудияв гІураб мехалъ, кинабго доб лъимадулаб дилъа лъугІана. |
|
| 12 |
|
| Гьанже нилъеда бихьулеб буго басрияб матІуялъусан гІадин. Доб мехалда цебе лъун бихьила. Гьанже дида цо бутІа лъала, доб мехалда тІубанго лъазе буго, Аллагьасда дун тІубанго лъалев вугев гІадин. |
|
| 13 |
|
| Гьанже нилъеда цадахъ хутІун буго божиги, хьулги, рокьиги. Гьеб лъабалъулго бищунго тІадегІанаб ккола рокьи. |
|
|
|
|