|
| 1 |
|
| Гьанже дица нужеда ракІалде щвезабулеб буго, вацал, нужеда дица лъазабураб, нужецаги къабул гьабураб, нужер божи-иманалъул щулияб кьучІлъунги бугеб Рохалил хабар. |
|
| 2 |
|
| Гьеб дица бихьизабураб нухдаса кьуричІого чІани, нуж хвасарлъула. Гурони — нужер божи-иман гІадада ккола. |
|
| 3 |
|
| Сундасаго цебе дица нужеда бицана дицаги къабул гьабураб хабар: Хириял ТІухьдузда хъван букІараб ритІухълъизе, МасихІ хвана нилъер мунагьазе гІоло. |
|
| 4 |
|
| Гьев хабалъ лъуна. ТІухьдузда хъван букІараб ритІухълъизе, лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинавуна. |
|
| 5 |
|
| Пётрида вихьана гьев, цинги анцІила кІиявго чапарасдаги вихьана. |
|
| 6 |
|
| Цинги гьев цого заманалда вихьана щунусгоялдаса цІикІкІарав вацасдаги, гьезул гІемерисел гьабсагІатги чІаго руго, цо-цоял хвана. |
|
| 7 |
|
| Цинги Якъубида вихьана, цинги киналго чапарзабаздаги вихьана. |
|
| 8 |
|
| Гьел киназдасаго хадув гьев дидаги вихьана, мех щвечІого гьабураб лъимада гІадин. |
|
| 9 |
|
| Дун вуго бищунго гьитІинав чапар. Чапарлъун рикІкІине мустахІикъав гьечІо дун, Аллагьасде иман лъуразул агьлуялъе дица гІазаб кьолеб букІиндалха. |
|
| 10 |
|
| Амма Аллагьасул баркаталдалъун гьанже дун вуго гьав нужеда вихьулев чи. ГІадада гуро Аллагьас диде баркат рещтІинабураб. Дол чапарзабаздасаги цІикІкІун хІалтІана дун. Дун гуревха хІалтІарав, дилъ бугеб Аллагьасул баркат хІалтІана. |
|
| 11 |
|
| Дол рукІаниги, дун вукІаниги батІалъи щиб, нижеца гьедин бицуна Рохалил хабар, нужги гьелда божана. |
|
| 12 |
|
| Гьедин, МасихІ хваралъуса вахъин нижеца лъазабидалги, нужер цо-цоязда кин абизе кІолеб хварал чІаголъизаруларилан? |
|
| 13 |
|
| Хварал чІаголъизаруларел ратани, МасихІги хваралъуса вахъинавичІо. |
|
| 14 |
|
| МасихІ хваралъуса вахъинавичІев ватани, нижеца бицараб Рохалил хабарги гІадада ккана, нужер божи-иманги гІадада ккана. |
|
| 15 |
|
| Гьелда тІадеги, нижеца Аллагьасул хІакъалъулъ гьересинугІлъи гьабураблъунги кколеб буго, — Аллагьас МасихІ хваралъуса вахъинавунилан абулеб мехалъ. Амма хварал чІаголъизаруларел ратани, МасихІги гьес хваралъуса вахъинавичІо. |
|
| 16 |
|
| Хварал тІаде рахъинаруларел ратани, МасихІги хваралъуса вахъинавичІо. |
|
| 17 |
|
| МасихІ хваралъуса вахъинавичІев ватани, нужер божи-иман гьодораб жо буго, нужги церего гІадин нужерго мунагьазул кверщаликь руго. |
|
| 18 |
|
| Гьедин батани, дол МасихІида божун хваралги тІубанго хваралищ? |
|
| 19 |
|
| ГІицІго гьаб дуниялалъул чІаголъиялъулъ МасихІиде хьул лъун нилъ хьвадулел ругони, бищунго гурхІизе ккарал чагІи руго нилъ. |
|
| 20 |
|
| ХІакъикъаталдаги МасихІ хваралъуса вахъинавуна, — хваралъуса рахъинаризе рукІиналде киназулго хьул лъеялъе гІоло. |
|
| 21 |
|
| Цо чи сабаблъун бачІана хвел, цо чи сабаблъун бачІана хваралъуса рахъинариги. |
|
| 22 |
|
| Адамил наслу бугелъул киналго хвезе руго, МасихІил наслулъун лъугьиндал, киналго хваралъуса рахъинаризе руго. |
|
| 23 |
|
| Киналго иргадал чІаголъила: бищун цеве МасихІ, цинги гьев вачІараб мехалъ — гьесул агьлуги. |
|
| 24 |
|
| Цинги дуниял ахирлъила. МасихІица къезарила тахида ругелги, кверщел бугелги, хІакимзабилъун ругелги — киналго рухІал, цинги Эмен — Аллагьасухъе кьела жиндирго парччахІлъи. |
|
| 25 |
|
| МасихІица парччахІлъи гьабила Аллагьас гьесул киналго тушбаби гьесул малакь чІезаризегІан. |
|
| 26 |
|
| Бищунго ахиралда къезабулеб тушман ккола хвел. |
|
| 27 |
|
| ТІухьдузда хъван буго: «Аллагьас кинабго гьесул малакь лъуна». «Киналъулго» бицунаго, гьайгьай, гьелда гьоркьове унаро гьеб кинабго МасихІил малакь лъурав Аллагь. |
|
| 28 |
|
| Кинабго жиндир кверщаликье ккараб мехалъ, живго Васги вукІина гьеб кинабго жиндир малакь лъурасул кверщаликь. Гьебмехалда киналъулго кверщел Аллагьасухъ букІин бихьила. |
|
| 29 |
|
| Гьеб гьереси букІарабани, хваразе гІологи гІадамал лъадалъ ччун щай рахъилел рукІарал? Хварал чІаголъуларел ратани, гьезие гІологи гІадамал лъадалъ ччун щай рахъулел? |
|
| 30 |
|
| Щай нилъ кидаго хІинкъиялда гъоркь рукІине ккелел? |
|
| 31 |
|
| Щибаб къоялъ хвалил хІинкъи буго, вацал, дие. Нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисада цебе нужедаса бугеб чІухІиялхІагийилан гьедизе кІвела гьедин бугилан. |
|
| 32 |
|
| Эфесалда ругел гьал жанаваралгун гІадамазул къагІидаялъ вагъиялдасан дие бугеб пайда щиб, дирго напсалъул пикруялда вугони? Хварал чІаголъулел ратичІони, «рачІа кваназе-гьекъезе, метер нилъ хвезе ругин». |
|
| 33 |
|
| Нужго гуккизе чІоге. Квешазда аскІоре къани, лъикІаб гІамалалдаса ратІалъула. |
|
| 34 |
|
| КантІе, тІокІаб мунагьги гьабуге. Нужер цо-цоязда Аллагь лъаларо. Дица гьеб абулеб буго нуж намуслъизе. |
|
| 35 |
|
| Амма цо лъицаниги гьикъизе бегьила хварал кин чІаголъулелилан. Кинаб черхгун гьел тІаде рахъунелилан. |
|
| 36 |
|
| ГІабдал вуго гьев. Дуца ракьулъ мугь чІола, амма цин жибго хвечІони, гьеб тІаде баккуларо. |
|
| 37 |
|
| Дуца ракьулъ чІолеб жо, ролъул букІа яги цогидалъул букІа, гІицІаб мугь буго, гьелдасан лъугьунеб «черх» гуро гьеб. |
|
| 38 |
|
| Аллагьас кьола гьелъие жинцаго тІаса бищараб черх — хьодул щибаб тайпаялъе батІи-батІияб. |
|
| 39 |
|
| Киналго чурхдул релълъарал гьечІо: гІадамазул батІиял руго, хІайваназул батІиял руго, хІанчІазул батІиял руго, ччугІбузул батІиял руго. |
|
| 40 |
|
| Руго зобалазулал чурхдул, руго ракьалъулалги. Зобалазулал чурхдузул жидерго берцинлъи буго, ракьалъулал чурхдузулги жидерго берцинлъи буго. |
|
| 41 |
|
| Бакъул батІияб, моцІрол батІияб, цІвабзазул батІияб буго берцинлъи. Щибаб цІваялъулгицин буго жиндирго берцинлъи. |
|
| 42 |
|
| Гьелдаго релълъун букІина хварал чІаголъизариги. Ракьулъе кколебщинаб хола, тІаде баккулебщиналъе хвел гьечІо. |
|
| 43 |
|
| Ракьулъе сурукъго уна, тІаде берцинго баккула. Ракьулъе загІипго уна, тІаде гучалда баккула. |
|
| 44 |
|
| Ракьулъе тІабигІияб черх уна, тІаде рухІалъ цІураб черх баккула. ТІабигІияб черхги букІуна, рухІалъ цІураб черхги букІуна. |
|
| 45 |
|
| ТІухьдузда хъван буго: «ТІоцевесев инсанасда — Адамида рухІ лъуна». Ахирисев Адам — чІаголъи кьолеб РухІлъун лъугьана. |
|
| 46 |
|
| РухІалъ цІурабаб бачІунаро тІоцебе, тІабигІияб черх бугебаб бачІуна. Цинги бачІуна рухІалъ цІурабги. |
|
| 47 |
|
| ТІоцевесев Адам ракьул хІуралдасан вижана, ракьалдаса вачІана. КІиабилев Адам зобалаздаса вачІана. |
|
| 48 |
|
| Ракьалдасан ругелал ракьалдаса вачІарасда релълъуна. Зобалаздасан ругелал зобалаздаса вачІарасда релълъуна. |
|
| 49 |
|
| Ракьалдаса вачІарасул сипат-сурат нилъелъ бугеб гІадин, зобалаздаса вачІарасул сипат-суратги букІина нилъелъ. |
|
| 50 |
|
| Дица нужеда абулеб буго, вацал, черхалъеги биялъеги Аллагьасул парччахІлъи насиблъуларин, холебалъе холаребаб насиблъуларин. |
|
| 51 |
|
| [51-52] Цо балъголъи рагьила нужее: киналго гуро нилъ холел, амма ахирзаманалда ссур пураб мехалъ, бер къапизегІан заман иналде, хиса-сверула нилъ. Ссур пула ва хварал тІаде рахъинарула. Хвел гьечІеллъун рахъина гьел тІаде. Нилъги хиса-сверила. |
|
| 52 |
|
|
|
| 53 |
|
| Турулебаб турулареблъун лъугьине ккола, холебабги холареблъун лъугьине ккола. |
|
| 54 |
|
| Турулебаб турулареблъун лъугьараб мехалъ, холебабги холареблъун лъугьараб мехалъ ритІухълъила ТІухьдузда хъван бугеб гьадинаб калима: «Хвел къулчІана, къезабуна». |
|
| 55 |
|
| Хадубги: «Хвел, киб бугеб дур бергьенлъи! Хвел, киб бугеб дур хеч!» |
|
| 56 |
|
| Хвалил хеч ккола мунагь. Мунагьалъе къуват Къануналдасан щола. |
|
| 57 |
|
| Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ бергьинарулев Аллагьасе рецц! |
|
| 58 |
|
| Гьеле гьедин, дир хириял вацал, къвакІун чІа нуж, къуркьуге нуж. ТІадегІанасе гІоло тІадчІун хІалтІе. Нужеда лъан букІа: ТІадегІанасде цолъун гьабураб нужер хІалтІи гІадада холаро. |
|
|
|
|