|
| 1 |
|
| Гьанже бицинин Иерусалималда бугеб иман лъуразул агьлуялъе гІарац бакІариялъул хІакъалъулъ. Галатиялда бугеб иман лъуразул агьлуялда дица малъухъе гьабе нужецаги. |
|
| 2 |
|
| Нужер щивав чияс гьатІан къоялъ батІаго лъун те нужее щваралда рекъон лъикІ бихьараб гІарац. Цинги дун вачІараб мехалъ гьеб бакІаризе лъугьине ккеларо. |
|
| 3 |
|
| Дун гьениве щвейгун, гьеб нужер садакъа Иерусалималде щвезабизе ритІила нужеца тІаса рищарал гІадамал ва гьезда цадахъ битІила гьел нужер вакилзаби ругилан кагъатги. |
|
| 4 |
|
| Дунго гьениве ине ккани, дидаго цадахъ рачина гьелги. |
|
| 5 |
|
| Македониялдаса нужехъеги вачІина дун — Македониялдасан ине ракІалда буго дида. |
|
| 6 |
|
| Цодагьаб мехалъ нужеда аскІов чІезеги бегьула, щиб лъалеб, хаселалъго гьенив хутІизеги бегьула. Гьенисаги дица сапар бухьунеб бугони, нужеца кумек гьабизе ккела дие. |
|
| 7 |
|
| Сапаралда вукІаго нужехъе ваккизе вачІине гурелъулха дие бокьун бугеб, ТІадегІанав разилъани, лъикІаланго заманаялъ гьенив чІезе хиял буго. |
|
| 8 |
|
| БачІин бакІариялъул байрам тІаде щвезегІан чІела дун Эфесалда. |
|
| 9 |
|
| Пайдаяб хІалтІуе кІудияб нуцІа рагьун буго дие, дандечІаралги гІезегІан руго. |
|
| 10 |
|
| Тимофей гьениве вачІараб мехалъ, гьениб гьесие хІинкъи букІунареб хІал гьабе. Гьевги, дунго гІадин, ТІадегІанасе гІололъидалха хІалтІулев вугев. |
|
| 11 |
|
| ГІамал кІодого ралагьуге нуж гьесухъ. Аллагьас нух битІизабегийилан гьарун тІадвуссун витІе. Дунги вацалги гьев вачІиналъухъ ралагьун чІун руго. |
|
| 12 |
|
| Нилъер вац Аполлосил хІакъалъулъ бицани, дица гьесда цІакъ гьарана вацалгун цадахъ нужехъе щвайилан, амма гьабсагІат гьениве ине къасд гьечІо гьесул. Рес ккараб мехалъ вачІина гьев. |
|
| 13 |
|
| РорчІи ккве, иман щулалъизабе, бахІарчияллъун ва къуваталлъун рукІа. |
|
| 14 |
|
| Нужеца гьабулебщинаб рокьигун гьабе. |
|
| 15 |
|
| Цоги гьари буго, вацал, нужеде: Стефанасил рукъалъул агьлу Ахаялда тІоцере МасихІида божарал чагІи рукІин лъалаха нужеда. Аллагьасул халкъалъе тІубанго хъулухъалъе чІарал чагІи руго гьел. |
|
| 16 |
|
| Дица нужеда гьарила гьединал чагІазухъги, гьезда цадахъ хІалтІулезухъги, хъулухъ гьабулезухъги гІенеккейилан. |
|
| 17 |
|
| Дун цІакъ вохун вуго Стефанасги, Фортунатги, Ахаикги гьанире рачІиналдаса. Нуж дие камун рукІин лъазе биччаларо гьез дида. |
|
| 18 |
|
| Нужер ракІазе къвакІи кьураб гІадин, дир рекІееги къвакІи кьола гьез. Гьединал чагІазул къимат гьабе! |
|
| 19 |
|
| Асиялда ругел иман лъуразул агьлуялъул салам буго нужеде. Аквилалгун Прискиллал ва гьезул рокъор данделъулел иман лъуразул агьлуялъулги буго нужеде ТІадегІанасул цІар рехсараб, урхъараб салам. |
|
| 20 |
|
| Гьанир ругел киналгоги вацаз битІулеб буго нужеде салам. Муъминал вацаз гІадин, цоцазда баун, салам гьабе. |
|
| 21 |
|
| Гьаб дирго квералъ хъвалеб буго: Павелил салам буго нужеде. |
|
| 22 |
|
| ТІадегІанав вокьуларесе нагІана батаги! «Марана-та!» — вачІа, нижер ТІадегІанав! |
|
| 23 |
|
| ТІадегІанав ГІисал цІоб лъеги нужеда! |
|
| 24 |
|
| МасихІ ГІисаде цолъарал нуж киналго рокьула дие. |
|
|
|
|