|
| 1 |
|
| Амма нужедехунни, вацал, дун Илагьияб РухІалъ цІурал гІадамаздехун гІадин кІалъачІо, кІалъана напсалъ малъараб гьабулездехун гІадин ва МасихІиде цолъараб гІумру лъималазда кинигин гурони бичІчІуларездехун гІадин. |
|
| 2 |
|
| Кваназе квен гуро дица нужее кьураб, гьекъезе рахь кьуна. Кваназе гІун рукІинчІо нуж добмехалъ, — гьанжегицин гІун гьечІо нуж! |
|
| 3 |
|
| ГьанжелъагІанги напсалъ малъараб гьабулеб бугелъулха нужеца. Нужеда гьоркьоб жахІда-хІусудги дагІба-рагІиги бугеб мехалъ, напсалъе мутІигІлъи гурищ гьеб кколеб, гьаб дуниялалъул гІадамал гІадин хьвадулел рукІинги гурищ кколеб? |
|
| 4 |
|
| Цояс «дун Павелил рахъ ккурав вугилан», цогидасги «дун Аполлосил рахъ ккурав вугилан» абулеб бугони, гьаб дуниялалъул гІадамаллъун ккеларищ нуж? |
|
| 5 |
|
| Гьаха, щив кколев Аполлос? Павелги щив кколев? Гьел руго нуж иманалде рачарал ва хъулухъалъе тІамурал гІадатиял чагІи. БетІергьанас тІадкъараб хІалтІи гьабулеб буго гьезул щивас. |
|
| 6 |
|
| Дица мугь чІана, Аполлосица лъалъана, амма бижизе Аллагьас гьабуна. |
|
| 7 |
|
| Мугь чІолевги — рикІкІунаро, лъалъалевги — рикІкІунаро. Бижизабулев — Аллагь вуго! |
|
| 8 |
|
| Мугь чІолесдаги лъалъалесдаги гьоркьоб батІалъи гьечІо. Жидеца гьабуралда рекъараб мухь щвела гьезул щивасе. |
|
| 9 |
|
| Ниж кІиялго руго Аллагьасул хІалтІухъаби, нуж руго Аллагьасул хур, Аллагьасул мина. |
|
| 10 |
|
| Аллагьас дие кьураб баркатаб гьунаралда рекъон, махщел бугев устарас гІадин, дица кьучІ лъуна. Цогидаз гьелда тІад мина балеб буго. Щивас хал гьабизе биччанте кин жинца балеб бугебали. |
|
| 11 |
|
| Цебего лъун бугелдаса батІияб кьучІ лъезе лъиданиги кІоларо. ЦохІо бугеб гьеб кьучІги ГІиса МасихІ ккола. |
|
| 12 |
|
| Амма гьеб кьучІалда тІад мина меседил, гІарцул, жавгьар-якъуталъул, яги цІулал, бакъвараб харил, муцІидул баниги, |
|
| 13 |
|
| щивас гьабураб хІалтІи къиямасеб къоялъ бихьила. Гьеб къоялъ цІаялъ хІалбихьулелъулха щивас кинаб хІалтІи гьабун бугебали. |
|
| 14 |
|
| Гьеб кьучІалда тІад бараб минаялда доб цІа хІехьезе кІвани, устарасе кири щвела. |
|
| 15 |
|
| ЦІаялъ гьеб бухІани, зарал ккела. Хвасарлъизени гьев хвасарлъила, амма цІадулъа вахъарав чи гІадин вукІина. |
|
| 16 |
|
| Нужеда лъаларебищ нуж Аллагьасул мукъадасаб рукъ ругеблъиги нужелъ Аллагьасул РухІ бугеблъиги? |
|
| 17 |
|
| Аллагьасул мукъадасаб рукъ щущазабурав чи Аллагьасги тІагІинавила. Нуж ккола Аллагьасул гьеб мукъадасаб рукълъун. |
|
| 18 |
|
| Лъицаниги живго гуккуге абе! Нужеда гьоркьоса лъиданиги ракІалде кколеб батани гьаб дуниялалда жив гІакъилав вугилан, хІакълъунго гІакъилав вукІине бокьани, гьев гІантлъеян абе. |
|
| 19 |
|
| Гьаб дуниялалъул гІакъиллъи Аллагьасда цебе гІантлъилъун кколелъулха. ТІухьдузда хъван буго: «Аллагьас гІакъилзаби жидерго сихІирлъиялъул гьиналъ ккола». |
|
| 20 |
|
| Цоги бакІалда хъван буго: «БетІергьанасда лъала гІакъилазул пикрабаз пайда гьабулареблъи». |
|
| 21 |
|
| Гьединлъидал, гІадамазул рахъги ккун, живго веццизе лъугьунге щивниги. Кинабго нужерлъидалха: |
|
| 22 |
|
| Павелги, Аполлосги, Кефаги, дуниялги, гІумруги, хвелги, гьанжесебги, букІинесебги — кинабго нужер буго. |
|
| 23 |
|
| Нуж МасихІил руго, МасихІги Аллагьасул вуго! |
|
|
|
|