|
| 1 |
|
| МасихІие хъулухъалъе чІарал чагІилъун рикІкІине ккола нужеца ниж. Нижее амру гьабун бугелъулха Аллагьасул балъголъи гІадамазе загьирлъизабеян. |
|
| 2 |
|
| Хъулухъалъе чІарав чи цохІо жиндирго бетІергьанасе ритІухъав вукІине ккола. |
|
| 3 |
|
| Дирго хІакъалъулъ абуни, дие махІги ургъел гьечІо нужеца яги гІадамазул кинаб букІаниги судалъ дие хІукму къотІиялъул. Дицагоги къотІуларо диего хІукму. |
|
| 4 |
|
| Дида гІайиб гьечІеблъи лъала дида. Амма гьелдалъун гуро дун ритІухълъулев. ТІадегІанасин дие хІукму къотІизе бугеб. |
|
| 5 |
|
| ТІадегІанав вачІинегІан лъицаниги лъиениги хІукму къотІуге. Гьес канлъуде босила бецІлъукь бугебщинаб, рекІелъ ругел къасдалгицин тІатинарила. Гьеле гьебмехалда Аллагьасдасан щивав чиясе щвела жиндирго кири. |
|
| 6 |
|
| Нужее лъикІлъиялъе дица гьеб кинабго бихьизабуна, вацал, нужеда, Аполлосилги диргоги мисалги бачун, «хъвараб гурони лъугьунарилан» абурал рагІабазул магІна нужедаги бичІчІизе ва, лъикІалги тІокІалги ругилан, цоцазда цере чІухІдарунгутІизе. |
|
| 7 |
|
| ХІакъикъаталдаги сундалъун нуж цогидаздаса тІокІал ругел? Аллагьасдасан щвараб гуреб жо щиб нужелъ бугеб? Нужее гьеб нигІматлъун кьунги бугеб мехалъ, цебего нужехъ гьеб букІараб гІадин, гІамал кІодолъун щай нуж лъугьунел? |
|
| 8 |
|
| Гьайгьай, гьанже нуж гІорцІун руго! Гьанже нуж бечелъун руго! Ниж гьечІониги, гьанже парччахІзабилъун лъугьун руго нуж. Дие бокьилаан унго-унголъунги нуж парччахІзабилъун лъугьунелани, нужеда цадахъ нижецаги парччахІлъи гьабизе. |
|
| 9 |
|
| Амма дида ракІалде ккола Аллагьас ниж — чапарзаби, халкъалда цере чІвазе къотІарал чагІи гІадин, бищун ахиралда чІезарун ругилан. ТІолабго махлукъаталъе — малаикзабазеги гІадамазеги ниж лъугьана байрамалда халкъалъе кепалъе рагъулезда релълъарал чагІилъун. |
|
| 10 |
|
| МасихІие гІоло ниж гІабдалзабилъун рикІкІунел руго, МасихІиде цолъарал нуж гІакъилзаби руго. Ниж загІипал руго, нуж къуватал руго. Нужер хІурмат гьабула, ниж хІакъир гьарула. |
|
| 11 |
|
| Жакъа къоялде щвезегІанги ракъунги къечонги руго ниж. Нижер ретІелги хохораб буго, ниж рухулел-кьабулелги руго, мина-руссенги нижер гьечІо. |
|
| 12 |
|
| ЗахІмат бихьун гурони хинкІ-чедги щолеб гьечІо нижее. Ниж хІакъир гьарула — нижеца баркат лъегиян абула, нижее гІазаб кьола — нижеца хІехьола. |
|
| 13 |
|
| Нижедасан мацІ гьабула — нижеца лъикІаб бицуна. Ниж гьаб дуниялалъе хІур-кІучлъун хутІун руго, гьаб гІаламалъеги чІахІ-къуллъун хутІун руго. |
|
| 14 |
|
| Нуж инжит гьаризе гуро, вацал, дица гьаб кинабго хъвалеб бугеб. Дирго хириял лъималазе гІадин, гІакълу кьолеб буго дица нужее. |
|
| 15 |
|
| МасихІил дарсал малъулев азарго мугІалим нужер вугониги, эмен нужер цо гурони гьечІелъул. Дун нужее эменлъун лъугьана, Рохалил хабаралдалъун дица нуж МасихІиде цолъизаруна. |
|
| 16 |
|
| Гьединлъидалин дида релълъун хьвадейилан гьарулеб бугеб дица нужеда. |
|
| 17 |
|
| МасихІил нухдасан дун хьвадулев вугеб куц нужеда ракІалде щвезабизе гьале нужехъе витІулев вуго ТІадегІанасе ритІухъав ва дие хирияв васлъун лъугьарав Тимофей. Гьеб нухдасан хьвадейилан дица малъула киса-кибго киналго иман лъуразул агьлуялда. |
|
| 18 |
|
| Нужеда гьоркьор руго нич гьечІел гІадамалги. Гьезда ракІалде кколеб батила дун тІокІав гьениве вачІинарилан. |
|
| 19 |
|
| Амма, ТІадегІанасе бокьани, кватІичІого нужехъе вачІина дун. Гьел нич гьечІезул хабар-гаргар букІин гуреб, къуват-гучги бугищали лъала дида гьебмехалда. |
|
| 20 |
|
| Аллагьасул ПарччахІлъи хабар-гаргаралъулъ гуро бугеб, къуват-гучалъулъин. |
|
| 21 |
|
| Щиб нужее бокьилеб? Дун цІалги босун вачІинейищ, яги нужеде бугеб рокьиялъул цІураб хІеренаб рагІигун вачІинейищ? |
|
|
|
|