×

Библия Инжил Магӏарул 2008

1 Коринфиязухъе 5

1
Цинги, дида бицана нужер гьениб мажусиязулгицин гьечІебгІадаб инжитаб иш лъугьун бугилан — цо чи жиндирго бесдал эбелалда аскІов вегулев вугилан.
2
Гьелдаса пашманлъизе кколеб бакІалда нужер чІухІиго щиб! Гьединаб инжитлъи жиндасан лъугьарав чи нужерго агьлуялда гьоркьоса вачахъизе кколаан нужеца.
3
[3-4] Дирго рахъалъ абуни, черх гьаниб бугониги, рухІ гьениб нужеда аскІоб бугелъул, гьенив вугев гІадин вукІуна дун. Нужер данделъиялда нилъер ТІадегІанав ГІисал къудратгун цадахъ дирго рухІги гІахьаллъизабун, нилъер ТІадегІанав ГІисал цІаралдалъун дица хІукму къотІана
4
5
гьеб иш гьабурав чи илбисалъул кверщаликье кьезе — биччанте гьесул мунагьаб напс хвезе. ТІадегІанав вачІараб къоялъ гьесул рухІ хвасарлъизеги бегьула.
6
Нужер гьеб гІамал кІодолъи лъикІаб хасият гуро. Нужеда рагІанищ гьадинаб кици: «ГьитІинаб реччеялъги гІемераб ханжу беччизабула»?
7
Мунагьалъул басрияб речче тІубанго нахъе рехе. Гьебмехалъ речче гъорлъ гьечІого бежараб чедлъун лъугьина нуж. Гьединаб чедин нуж кколел! Нилъер пасхаялъул кьегІер — МасихІ — цевего къурбанлъун лъугьиндалха!
8
РачІа гьанже нилъеца пасхаялъул байрамалде хІадурлъи гьабилин басрияб речче (ай мунагьги квешлъиги) цадахъ гьечІого. РеччичІел чадал (ай бацІцІадабщинабги хІакъабщинабги) цадахъ, росун хІадурлъизин гьелде.
9
Дица нужехъе битІараб кагътида хъван букІана пасатал чагІазулгун гьоркьоблъи гьабугейилан.
10
Пасатал, хъантІарал, макруял гІадамазул ва гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулел мажусиязул гуребха дица бицунеб букІараб. Гьездаса ратІалъизени, дуниял тун ине ккелаан ниж.
11
Дица хъван букІана, жидеца иман лъун бугиланги абун, пасалъиги гьабулел, хъантІун магІишатги гьабулел, гьересиаллагьзабазе лагълъиги гьабулел, мацІги гьабулел, хІилла-рекІкІги гьабулел, гьекъолдизеги гьекъолдулел гІадамазулгун хурхен гьабугейилан, хІатта гьезда цадахъ гІодор чІун кванагейилан.
12
[12-13] Нилъер гуреб агьлуялъе суд гьабунги щайха дие? Аллагьас гьабила гьезие суд. Нужерго агьлуялъул чиясе суд гьабизе кколаребищ нужеца? ТІухьдузда хъван бугелъул: «Квешав чи нужер агьлуялда гьоркьоса нахъе вачахъе», — ян.
Avar Bible 2008
Библия таржама гьабиялъул институт Москва 2008
:
Сохранить Заметки