|
| 1 |
|
| Нужеда аскІов вугеб мехалъ хІинкъа-къалев, рикІкІалъараб мехалъ бахІарчияв чийилан цо-цояз жиндир хІакъалъулъ абулев дун — Павел — вуго нужедехун кІалъалев. |
|
| 2 |
|
| МасихІил хІеренлъиялъе ва лъикІлъиялъе гІоло гьарулеб буго нужеда, гьениве вачІараб мехалъ бахІарчи вахъинавуге дир! Нужеда лъан букІа: дун гьединав бахІарчияв вукІуна гьал гІадамазул къагІидаялъ ниж хьвадулел ругин абулездехун. |
|
| 3 |
|
| Гьаб дуниялалъул гІадамал ниж ругониги, нижеца гьабулеб рагъ гІадамазул гІадинаб гуро. |
|
| 4 |
|
| Гьеб рагъулъ ниж гІадамазул гІадинаб яргъидалъун гуро рагъулел, ниж рагъула щулиял хъулбиги щущазарулеб гучаб яргъидалъун. Аллагьасдасан щвана нижее гьеб. |
|
| 5 |
|
| Аллагь лъаялде дандечІаразул чІухІи-пахрулъиялъул хъулбиги щущазарула нижеца. Мекъаб-тІекъаб пикру-къасдги асирлъуде босула ва МасихІие мутІигІаблъун лъугьинабула. |
|
| 6 |
|
| Нужер мутІигІлъи камиллъараб мехалъ, ниж хІадурго рукІина мутІигІлъуларевщинасе тамихІ гьабизе. |
|
| 7 |
|
| Нужерго берда цебе бугелъухъ ралагье! Цо лъилниги ракІчІун батани жив МасихІил рахъ ккурав чи вугилан, гьес жиндаго гьикъейин абе гьесдаса дагьищ нижеца МасихІил рахъ кколеб бугебилан. |
|
| 8 |
|
| Нужер гІумру хвезабизе гуреб, гьеб берцин гьабизе ТІадегІанас нижее кьураб ихтияралъул рахъалъ рецц-бакъ дагьаб цІикІкІунеб бугеб батаниги, дун гьелдаса расги намуслъуларо. |
|
| 9 |
|
| Гьадинал кагътал хъван, дица нуж гІицІго хІинкъизарулел ругилан ракІалде ккоге. |
|
| 10 |
|
| Цо-цояз абулеб рагІула: «Кагътида хъвалеб жо кутакаб ва кьварараб букІуна, амма живго вачІараб мехалъ кІалъан бажаруларо, кІалдиб мацІги сах-саламат хІалтІуларо». |
|
| 11 |
|
| Гьединав чиясда лъан букІаян абе ниж гьенир гьечІеб мехалъ нижеца кагътазда хъвалебщинаб гьенире рачІиндалги гьабулеблъи. |
|
| 12 |
|
| Жалго берцин рихьизе хьвадулел цо-цо чагІазда нижго ращалъизаризе яги релълъинаризе гІураб бахІарчилъи гьечІо нижелъ! Жалго гІантал ругелъул, гьез жалго рорцунел руго жидерго роценаздалъун, цоял цоязда релълъинарулелги руго. |
|
| 13 |
|
| Нижеца нижго реццила, роцадаса араб хІалалъ гуреб, нижерго роценги цІунун. Гьеб роценги буго Аллагьас нижее бихьизабураб гІорхъи. Нужги жанире рачуна гьеб гІурхъиялъ. |
|
| 14 |
|
| МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабарги босун тІоцере нужехъе щварал чагІи нижлъидал, нужехъе рачІунаго гІорхъи бахине ккечІо нижеца. |
|
| 15 |
|
| Нижер гІорхъи бахун къватІибехун чияца гьабуралдалъун реццаризеги лъугьунаро ниж. Нижер хьул буго нужер божи-иман цІикІкІинилан ва нижер хьонги хьан нужеца бекьараб хурги цІакъго гІатІилъилилан. |
|
| 16 |
|
| Цинги ниж ина нужедасаги дорегІан ругел ракьазда Рохалил хабар тІибитІизабизе, гьезул хурзабахъ цогидаз гьабураб хІалтІиялдалъунги реццариларо. |
|
| 17 |
|
| ТІухьдузда хъван буго: «Веццаризе бокьарас БетІергьан вецце!» |
|
| 18 |
|
| Живго жинцаго тІадегІанлъизавурав чи муъминчилъун рикІкІунаро, БетІергьанас тІадегІанлъизавурав рикІкІуна. |
|
|
|
|