|
| 1 |
|
| Лъабабилеб нухалдаги вачІинехъин вуго дун нужехъе. ТІухьдузда хъван буго: «Лъилниги рагІи ритІухълъизе ккани, къваригІуна кІиго яги лъабго чиясул нугІлъи». |
|
| 2 |
|
| КІиабилеб нухалъ вачІараб мехалдаги лъазабун букІана, гьанже нужедаса рикІкІад вукІаго нахъеги лъазабулеб буго, гьел мунагьал рехун течІезе ва киналго цогидазеги гьаб нухалда гурхІел букІине гьечІилан. |
|
| 3 |
|
| Нужеца тІалаб гьабулеб буго дун МасихІил кІалдисан кІалъалев вукІин чІезабейилан. МасихІ нужее загІипавлъун гуро загьирлъун вугев, нужеда гъорлъ жиндирго къуват бихьизабулеб буго гьес. |
|
| 4 |
|
| ХІакъикъаталдаги загІипав вукІана гьев хъанчида ван вугеб мехалъ, амма Аллагьасул къудраталъ чІаголъизавуна. Гьесде цолъарал нижги загІипал руго, амма Аллагьасул къудраталдалъун нужеда гъорлъ нижги гьесда цадахъ чІаго рукІина. |
|
| 5 |
|
| Нужер иман щулалъун бугищали хІалбихье. ГІиса МасихІ нужелъги вукІин бичІчІулеб гьечІебищ нужеда? Гьеб бичІчІулеб батичІони, Аллагь разилъун гьечІо нужедаса. |
|
| 6 |
|
| Нижедаса Аллагь разилъун вукІин нужеда лъалилан хьул буго нижер. |
|
| 7 |
|
| Нижеца Аллагьасда гьарула нуж квешлъи гьабизе риччагейилан. Нижедаса Аллагь разилъун вукІин чІезабизе гуребха нижеца гьеб гьарулеб. Нужеца лъикІлъи гьабуни гІела нижее, нижедаса Аллагь разилъун гьечІилан нужеда ракІалде кканиги. |
|
| 8 |
|
| ХІакъабщиналде данде къеркьезе гуреб, гьелъие гІоло къеркьезейин нижелъ къуват бугеб. |
|
| 9 |
|
| Ниж загІиплъун ругони, нужелъ къуват цІикІкІани, гьелдаса рохула ниж. Нижеца Аллагьасда гьарулеб жого нуж лъикІаб рахъалде рачейилан буго. |
|
| 10 |
|
| ГІумру хвезабизе гуреб, гьеб берцин гьабизе ТІадегІанас дие кьураб ихтияралда рекъон, нужер гьениве вачІун кьварараб тамихІ гьабизе ккунгутІизейин гьанив вукІун хъвалеб бугеб дица гьадин. |
|
| 11 |
|
| Кагътил ахиралдаги — роха-хинлъун рукІа, вацал, битІараб нухде русса, дица гьарарабги гьабе, цоцазулгун рагІи данде ккезабе, рекъа-решон рукІа, — рекъелги рокьиги рещтІинабулев Аллагьас рехун теларо нуж! |
|
| 12 |
|
| Иман лъуразул агьлуялъ гІадин цоцазда баун салам гьабе. Иман лъуразул тІолабго агьлуялъулги салам буго нужеде. |
|
| 13 |
|
| [13-14] ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІобги Аллагьасдасан рокьиги даимго хутІаги нужелъ. Илагьияб РухІалъ цолъизареги нуж. |
|
|
|
|