|
| 1 |
|
| Аллагьасда цере хІалтІулаго нижеца нужеда гьарулеб буго: Аллагьас нужеде рещтІараб баркат гІадада хвезе тогейилан. |
|
| 2 |
|
| Гьес абун бугелъул: «Болжал щвараб заманалда дур гьари-дугІа къабул гьабуна Дица, мун хвасарлъизе хъван букІараб къоялъ дуе кумекги гьабуна Дица», — ян. Гьале гьанже бачІун буго доб болжал щвараб заман, бачІун буго нилъ хвасарлъизе хъван букІараб къо! |
|
| 3 |
|
| Нижеца лъиениги квекІен гьабуларо, — Аллагьасе гьабулеб хъулухъалда лъицаниги гІайиб чІвангутІизе. |
|
| 4 |
|
| Гьелъул гІаксалда, нижеца гьабулебщиналдалъун бихьизабула Аллагьасе хъулухъ гьабулеб букІин: кІудияб сабруялда хІехьола балагьал, къварилъаби, гІазабал, |
|
| 5 |
|
| тІилица рухи, туснахъалда тІами, питнаби, захІматаб хІалтІи, макьу тей, кІалкквей. |
|
| 6 |
|
| Нижелъ буго рацІцІалъи, лъай-гІакълу, сабру, ракІлъикІлъи, Илагьияб РухІ, унго-унгояб рокьи, |
|
| 7 |
|
| хІакъаб рагІи ва Аллагьасдасан бачІараб къуват. Нижер кваранабги квегІабги хъатикь буго ритІухълъиялъул ярагъ. |
|
| 8 |
|
| Нижер хІурматги гьабула, ниж хІакъирги гьарула. Ниж какула, ниж реццула. Нижеца гуккулел ругилан абула, амма нижеда божизе бегьула. |
|
| 9 |
|
| Нижер цІар тІибитІун гьечІо, амма киназдаго ниж лъала. Ниж хванилан рикІкІуна, амма ниж чІаго рукІин бихьулеб гьечІищ! Суд гьабун ниж рухана, амма чІвазе кІвечІо. |
|
| 10 |
|
| Ниж къварид гьарула, амма ниж рохун рукІуна. Ниж мискинго руго, амма нижеца гІемерал гІадамал бечелъизарула. Нижер щибниги гьечІо, амма кинабгоги нижеда кодоб буго. |
|
| 11 |
|
| Нижер кІутІбуз, коринфиял, битІараб бицуна нужеда, нижер ракІалги нужее рагьарал руго. |
|
| 12 |
|
| Нижеца гуро нужедаса ракІалда бугебщинаб бахчулеб бугеб, нужецайин ракІалда бугебщинаб нижедаса бахчулеб бугеб. |
|
| 13 |
|
| Дирго лъималазда гІадин гьарулеб буго дица нужеда: нужецаги ракІал рагье нижее. |
|
| 14 |
|
| Иман гьечІелгун цадахъ цо рукьалда рарал оцал гІадин рукІунге. РитІухълъиги пасалъиги цоцазда бухьине кин бегьулеб? Канлъиги бецІлъиги кин цадахъ букІунеб? |
|
| 15 |
|
| МасихІидаги илбисалдаги гьоркьоб маслихІат кин гьабулеб? Иман лъуравги иман гьечІевги цоцазда кин релълъунев? |
|
| 16 |
|
| Мукъадасаб Рукъалдаги гьересиаллагьзабаздаги гьоркьоб кинаб хурхен-рухьен букІунеб? Нилъ ругелъулха хІакъав Аллагьасул Мукъадасаб Рукълъун. Илагьиял ТІухьдузда хъван бугелъул: «Дун гьезухъе рещтІина, гьезда цадахъ вукІина, гьезул Аллагьлъун лъугьина, ва гьелги дир халкълъун лъугьина, — ян абулеб буго БетІергьанас. |
|
| 17 |
|
| — Гьединлъидал гьезда гьоркьоса нахъе а, гьездаса батІаго чІа, хІарамаб жоялдаги хъваге». |
|
| 18 |
|
| Цоги: «Дица нуж дихъего рачина, нужее эменлъи гьабила, нужги Дие васаллъунги ясаллъунги рукІина, — ян абулеб буго Къудратав БетІергьанас». |
|
|
|
|