|
| 1 |
|
| Аллагьасул халкъалъе кумек гьабизе кколеблъи дица хъвачІониги бегьила. |
|
| 2 |
|
| Нужер гъира-шавкъ букІин лъайдал, македониязеги реццана дица нуж, гъоркьисаялдаса нахъего Ахая кумекалъе хІадурго бугилан. Нужер гьеб гъира-шавкъалъ квербакъана гьезул гІемерисезги чода цІал кьабизе. |
|
| 3 |
|
| Гьеб мехалъ нуж хІадурго рукІина, дица цебеги бицун букІана гьелъул хІакъалъулъ. Гьеб ишалъулъ дица нуж реццун абурал рагІаби гІадада ккечІого рукІинелъун ритІулел руго нужехъе гьал диналъул вацал. |
|
| 4 |
|
| Цинги, дида цадахъ македониял гьенире рачІараб мехалъ, нуж хІадурго ратичІони, гьезда цере нуж сурарал гІечІого, нижги сурила, — ракІчІун нужеда божун рукІиндалха. |
|
| 5 |
|
| Гьединлъидал дица хІукму гьабуна гьал вацазда гьаризе, дидаса цере гьенире ун, нужеца рагІи кьун букІараб садакъа гьениб цебеккунго бакІареян. Гьеб букІина хІалица бахъараб гуреб, ракІ разилъун кьураб садакъа. |
|
| 6 |
|
| КІочон тоге: лъедерго хьон хьарасе лъедерго бижула, ризго хьарасе ризго бижула. |
|
| 7 |
|
| Щивас кьезе биччай гьесул ракІалъ къабул гьабураб къадаралда. Бокьун гурони кьоге, кьун хадуб ракІбухІуге. РакІ разилъун кьолев чи вокьула Аллагьасе. |
|
| 8 |
|
| Аллагьасда кІола нужее кинабго гьарзалъуледухъ ва садакъаде кьезеги тІокІлъуледухъ баркат рещтІинабизе. |
|
| 9 |
|
| ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Мискиназе квергІатІидав вуго Аллагь, гьесул гьеб лъикІлъи гІадамазда абадиялъ кІочон толаро», — ян. |
|
| 10 |
|
| Хуриб хьазе хьонги кваназе хинкІ-чедги кьолес нужееги кьела къваригІарабщинаб. Нужер лъикІлъиялъул хурги цІун бачІина. |
|
| 11 |
|
| Кинабго рахъалъ бечелъила нуж, нужер сахаватлъиги цІикІкІина. Нижедасан нуж ругьунлъараб сахаватлъи сабаблъун гІемерал гІадамаз Аллагьасе рецц гьабила. |
|
| 12 |
|
| Аллагьасе хирияб халкъалъе пайдаги кьела нужер садакъаялъ, гьелъухъ Аллагьасе гьабулеб реццги цІикІкІина, цІад бан хадуб гІоразул, лъаразул лъим гІадин. |
|
| 13 |
|
| Гьеб садакъаялъ бихьизабила нужер божи-иман щулалъун букІин. МасихІил хІакъалъулъ Рохалил хабаралъе, — нужеца иман лъураб хабаралъе нужер мутІигІлъиялъухъги жидееги цогидазеги нужер квергІатІилъиялъухъги Аллагьасе рецц гьабила гьез. |
|
| 14 |
|
| Нужги рехсон, ракІ-ракІалъго гьари-дугІа гьабила гьез, нужелъ Аллагьасул баркат цІакъго цІикІкІун букІин лъан. |
|
| 15 |
|
| Бицун хІалкІоларебгІан кІудияб баркат нилъеде рещтІинабулев Аллагьасе рецц! |
|
|
|
|