|
| 1 |
|
| Дица гьадин абила: гьитІинаб лъимер вугеб мехалда ирсилав лагъасда релълъун вукІуна, жиндирго бечелъиялъул бетІергьан вугониги. |
|
| 2 |
|
| Инсуца цІараб болжалалде щвезегІан гьев вукІуна къайимзабазулги рукъалъул иш тІадкъаразулги кверщаликь. |
|
| 3 |
|
| Гьедин, лъималлъун ругеб заманалда нилъги рукІана дуниялалъул тІабигІиял къуватазул кверщаликь. |
|
| 4 |
|
| Амма, заман цІубараб мехалда, Аллагьас витІун вачІана чІужугІаданалъ гьавурав жиндирго Вас. Къануналъул кверщаликь гьавуна гьев — |
|
| 5 |
|
| Къануналъул кверщаликь ругелал тархъан гьаризе ва нилъ гьесул лъималлъун лъугьине. |
|
| 6 |
|
| Нилъ гьесул лъимал ругелъул, Аллагьас жиндирго Васасул РухІ нилъер ракІазулъе рещтІинабуна, ва гьеб РухІалъ ахІулеб буго: «Абба! Я дир Эмен!» — абун. |
|
| 7 |
|
| Гьединлъидал тІокІалъ мун лагъ гуро, вас вуго! Вас вугелъул, Аллагьасул бугебщиналъул ирсилавлъунги лъугьун вуго мун. |
|
| 8 |
|
| Нужедайин абуни, доб мехалда Аллагь лъалев вукІинчІо, — гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабулел хутІун рукІана нуж. |
|
| 9 |
|
| Гьанже, Аллагь нужеда лъараб, битІун абуни, Аллагьасда нуж лъараб заманалда, щайха нуж дол щибго гьабизе кІоларел ва пайда гьечІел къуватазде нахъеги тІадруссунел, нахъеги ва нахъеги гьезул лагъзаллъун лъугьунел? |
|
| 10 |
|
| Нужеца хирияллъун рикІкІунел руго цо хасал къоял, моцІал, лъагІалил заманаби ва лъагІелал. |
|
| 11 |
|
| Дун хІинкъун вуго нужее гІоло гьабщинаб захІмат баччи гІададацин гуродай дир ккарабилан. |
|
| 12 |
|
| Дица нужеда цІакъ гьарулеб буго, вацал, дида релълъун лъугьаян, нужеда релълъун дунги лъугьун вугелъулха. Нужеца дун сундалъунниги къварид гьавичІо. |
|
| 13 |
|
| Цебе нужеда Рохалил хабар бицине рес рекъеялъе сабаблъун ккана дир черх загІиплъун букІин. Нужеда гьеб лъала. |
|
| 14 |
|
| Дида бугеб хІалалъухъ балагьун щакдаризе кколел рукІаниги, нужеца дун инжитго нахъчІвачІо. Нужеца дун къабул гьавуна Бичасул малаик гІадин ва ГІиса МасихІ гІадин. |
|
| 15 |
|
| Доб мехалда нужер ракІазулъ букІараб талихІ-рохелалъул асар кибе араб? Дица ракІчІун абила: бахъун берги кьелаан нужеца добмехалда дие. |
|
| 16 |
|
| ХІакъабщинаб нужеда бицун хадуса, гьанже нужер тушманлъунищха дун ккарав? |
|
| 17 |
|
| Гьал цогидал гІадамал рекІелъ квешал къасдалгун хурхун чІун руго нужеда, нуж дидаса ратІа гьаризе ва нужги гьезда хурхун чІезе. |
|
| 18 |
|
| Гьедин (дун нужеда аскІов вугеб мехалъ гуребги) хурхун чІей лъикІаб иш бугоан, лъикІал къасдалгун бугебани гьеб. |
|
| 19 |
|
| Я дир лъимал, лъимер гьабизе хІара чІварай эбел гІадин лъугьун вуго нуж сабаблъун дун гьанжеги. Гьедин дун хутІила МасихІил сипат нужелъе лъугьинегІан. |
|
| 20 |
|
| Дие цІакъ бокьилаан гьанже нужеда цадахъ вукІине, батІияб къагІидаялъ нужгун кІалъазе. Дун нужеда хІинкъун вугелъулха! |
|
| 21 |
|
| Ле, нуж Къануналъул кверщаликь хутІизе бокьарал гІадамал! Къануналъ щиб бицунеб бугебали рагІарабищ нужеда? |
|
| 22 |
|
| Гьениб хъван буго: Ибрагьимил вукІана кІиго вас — лагъалъ гьавурав цо, узденалъ гьавурав — цогидав. |
|
| 23 |
|
| Лагъалъул вас гьавуна цогидалго гІадин, узденалъул вас гьавуна — Аллагьас рагІи кьун букІиндал. |
|
| 24 |
|
| Гьелъулъ буго магІна гъваридаб гІаламат: гьей кІияйго чІужугІадан ккола Аллагьасул кІиго къотІи. |
|
| 25 |
|
| ГІарабустаналда бугеб Синай магІардасан бачІараб къотІиялъул гІаламатлъун ккола Гьажар. Лагълъун йикІаго гьаруна гьелъ лъимал. Гьединлъидал гьей релълъуна гьанжесеб Иерусалималда, — гьебги гьелъул гІадамалги лагълъиялда руго. |
|
| 26 |
|
| Нилъее эбеллъун кколеб Зобалазул Иерусалим эркенлъиялда буго. |
|
| 27 |
|
| ТІехьалда бугелъулха: «Йо, лъимер гьабуларей чІужугІадан, йоха-хинлъун йикІа мун. Лъимадул хІара чІван унти лъачІей мун йохун ахІдезе-чІчІичІчІидизе лъугьа. Рос вугелъулалдаса цІикІкІун руго рехун таралъул лъимал». |
|
| 28 |
|
| Нужни, вацал, ИсхІакъго гІадин, Аллагьас кьураб рагІиялда рекъон гьарурал лъимал руго. |
|
| 29 |
|
| Цогидалго гІадин эбелалъ гьавурав васас къварилъи гьабулеб букІана Аллагьас кьураб рагІиялда рекъон гьавурав васасе доб заманалда. Гьедин буго гьанжеги. |
|
| 30 |
|
| ТІухьдуз щибха абулеб бугеб гьелъул хІакъалъулъ? «Лагъги гьелъ гьавурав васги нахъе рачахъе, узденалъ гьавурав васасда цадахъ ирс щоларо лагъалъ гьавурав васасе». |
|
| 31 |
|
| Гьединлъидал, вацал, нилъ лагъалъул лъимал гуро, узденалъул лъимал руго! |
|
|
|
|