|
| 1 |
|
| Гьединлъидалин нужее — цогидал халкъазул гІадамазе — гІоло дун, Павел, лъугьун вугев ГІиса МасихІил туснахъавлъун. |
|
| 2 |
|
| Гьайгьай, нужеда рагІун батила нуж гІуцІа-къазе кигІан кІудияб тІадкъай жиндирго цІобалдалъун Аллагьас дие кьурабали. |
|
| 3 |
|
| Гьес дие загьирлъизабуна жиндирго балъголъи. Гьелъул хІакъалъулъ цебеги дица нужехъе къокъго хъван букІана. |
|
| 4 |
|
| Гьединлъидал гьаб кагъат цІалидал лъала нужеда МасихІил балъголъи кин дида бичІчІулеб бугебали. |
|
| 5 |
|
| Цересел наслабазе загьирлъун букІинчІеб гьеб балъголъи гьанже РухІалъ рагьана Аллагьасул мукъадасал чапарзабазеги аварагзабазеги. |
|
| 6 |
|
| Гьеб балъголъи буго цогидал халкъазул гІадамазе, жугьутІазего гІадин, Аллагьасдасан ирс щвеялъулъ: гьелги жугьутІалги цого чорхол лугбилъун лъугьана ва Аллагьас жугьутІазе кьун букІараб рагІи гьанже МасихІ ГІисадалъун Рохалил хабаралъе гІахьалаблъунги лъугьана. |
|
| 7 |
|
| Аллагьасул къудраталдалъун дие баркат щун, дун лъугьана гьеб Рохалил хабар тІибитІизабизе. |
|
| 8 |
|
| Иман лъуразул тІолабго агьлуялда гьоркьоса бищунго пакъирав дида баркат лъуна инсанасул гІакълу-лъай хадуб гІунтІулареб МасихІил хазинаялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар цогидал халкъазул гІадамаздаги бицине |
|
| 9 |
|
| ва кинабго бижарав Аллагьасул балъгояб абадияб хІукму тІубараблъи киназего загьирги гьабизе. |
|
| 10 |
|
| Тахида ругелги кверщел бугелги зобалазул рухІазда гьанже иман лъуразул агьлуялдалъун лъала батІи-батІияб куцалда загьирлъараб Аллагьасул гІакъиллъи. |
|
| 11 |
|
| Жиндирго абадияб хІукму Аллагьас тІубазабуна нилъер ТІадегІанав МасихІ ГІисадалъун. |
|
| 12 |
|
| Гьевгун цолъун ва гьесде иманги лъун, хІинкъичІого ва ракІчІун хьвадулел руго нилъ Аллагьасда цере. |
|
| 13 |
|
| Гьединлъидал дица нужеда гьарулеб буго, нуж сабаблъун дие гІазаб кьолеб бугилан ракІ гІодоб чІван рукІунгейилан. Гьеб гІазаб сабаблъунин нуж бергьунел ругел. |
|
| 14 |
|
| ХІасил, Инсуда цеве накабазда чІун вуго дун. |
|
| 15 |
|
| Зоб-ракьалда ругелщиназе чІаголъи гьесул цІаралдасан бачІараб буго. |
|
| 16 |
|
| Дица гьесда гьарулеб буго жиндирго машгьураб хазинаялдасан нужее РухІалдалъун къуват кьейилан, нужер ракІ къвакІизабейилан, |
|
| 17 |
|
| иман лъеялдалъун МасихІ нужер рекІелъе лъугьинавейилан. Рокьи нужер кьибиллъунги кьучІлъунги лъугьаги. |
|
| 18 |
|
| Гьебмехалда, нужер гьунар гІела, киналго иман лъуразда гІадин, нужеда МасихІил рокьи лъазе — гьелъул гІеблъиги, халалъиги, борхалъиги, гъварилъиги лъазе. |
|
| 19 |
|
| Лъазего кІолареб бугониги, лъаги нужеда гьеб, — Аллагьасул камиллъи нужелъеги лъугьине. |
|
| 20 |
|
| Жинда гьаризе нилъеда кІолелдасаги, хІатта нилъеда ракІалде кколелдасаги гІемерго цІикІкІарабаб гьабизе нилъее къуват кьолев Аллагьасе рецц! |
|
| 21 |
|
| ГІиса МасихІил ва гьесде иман лъуразул агьлуялъул абадияб-даимаб рецц буго Аллагьасе! |
|
|
|
|