|
| 1 |
|
| Аллагьасда релълъине хІаракат бахъе, гьесие рокьулел лъималлъидал нуж. |
|
| 2 |
|
| Нилъее гІоло къурбанлъун лъугьарав МасихІие нуж рокьарал гІадин, цоцазе рокьун хьваде нужги. Аллагьасе кьураб махІгьуинаб ва лъикІаб къурбанлъунин гьев лъугьарав. |
|
| 3 |
|
| ХъахІбалъи, пасалъи ва чияр боцІуде хъантІи гІадинал жалазул цІар рехсезецин бегьуларо нужеца. Иман лъуразул агьлуялда гьеб рекъараб гьечІо. |
|
| 4 |
|
| Хъубаб, гІантаб ва гІадан гІад-хочІ гьавулеб хабар бицинеги рекъараб гьечІо. Гьелде руссун рукІинчІого, Аллагьасе рецц гьабе. |
|
| 5 |
|
| ХъахІбалъи, ракІ хъублъи ва хъантІи ккола гьересиаллагьзабазе лагълъи гьабилъун. Гьединаб гІамал бугев цониги чиясе МасихІилги Аллагьасулги ПарччахІлъиялъул бутІа щолареблъи лъай нужеда. |
|
| 6 |
|
| Гьерсица гуккизе чІоге. МутІигІлъуларезде Аллагьасул ццин рещтІинабула гьелъ. |
|
| 7 |
|
| Гьезулгун гьоркьоблъи гьабуге нужеца. |
|
| 8 |
|
| Цере нуж бецІлъукь рукІана, гьанже ТІадегІанасде цолъун ругелъул, нурлъун лъугьана. Нуралъ гвангъизарурал гІадамал гІадин хьваде. |
|
| 9 |
|
| Нуралъ бижизабураб буго лъикІаб гІамал-хасиятги, ритІухълъиги ва хІакъабщинабги. |
|
| 10 |
|
| ТІадегІанасул рекІее щиб къабуллъулебали лъазе хІаракат бахъе. |
|
| 11 |
|
| БецІлъиялъул пайда гьечІел ишазулъ гІахьаллъуге. Гьел къватІир чІвазаризейин нужеца кколел. |
|
| 12 |
|
| БецІлъуда балъгого гьарулел ишазул хІакъалъулъ бицинегицин намуслъула. |
|
| 13 |
|
| Канлъи речІчІидал бихьула кинабго къватІиб чІвазабурабщинаб. Канлъухъе бихьулебщинабги нурлъун лъугьуна. |
|
| 14 |
|
| Гьединлъидалин абулеб: «Кьижарав, ворчІа! Хваралъуса вахъа — нуралъ гвангъизавила мун МасихІица!» |
|
| 15 |
|
| Нужерго гІамал-хасияталда хадуб халккве. ГІабдалзабазда релълъун хьвадичІого, гІакъилазда релълъун хьваде. |
|
| 16 |
|
| Заманаялдаса пайда босизе хІаракат бахъе, гьалагал къоял ругин гьал. |
|
| 17 |
|
| Жагьилаллъун рукІунге, ТІадегІанасул амру бичІчІизе тІалаб гьабе. |
|
| 18 |
|
| Чогъроца мехтизе рукІунге, пасалъиялде рачуна гьелъ. Илагьияб РухІалъ цІезаре нужго. |
|
| 19 |
|
| Забуралдасан, туркабаздасан ва диниял кучІдуздасан калимабаздалъун гаргаде цоцаздехун. РакІ-ракІалъго ахІе нужеца ТІадегІанав веццарал кучІдул. |
|
| 20 |
|
| Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІарги рехсон, кидаго ва сундухъго Эмен — Аллагьасе шукру гьабе. |
|
| 21 |
|
| МасихІил хІурмат гьабун цоцазе мутІигІлъе. |
|
| 22 |
|
| ТІадегІанасего гІадин, россабазеги мутІигІлъе лъудби. |
|
| 23 |
|
| Жиндирго черхлъун кколеб иман лъуразул агьлу хвасар гьабуравлъунги гьелъул бетІерлъунги МасихІ вугев гІадин, росасги бетІерлъи гьабула лъадуе. |
|
| 24 |
|
| Иман лъуразул агьлу МасихІие мутІигІлъулеб гІадин, лъадиги сундулъго росасе мутІигІлъе. |
|
| 25 |
|
| [25-26] Лъадалъ ччун рахъунги ва рагІудалъунги гьел рацІцІад гьаризе жинца рухІ кьурал иман лъуразул агьлу МасихІие бокьулеб гІадин, росабазе лъудбиги рокьа. |
|
| 26 |
|
|
|
| 27 |
|
| МасихІие бокьун буго гьеб иман лъуразул агьлу жинда цебе гьайбатго бихьизе, — тІанкІ гьечІого, рукІкІел гьечІого ва цогидаб сакъатги гьечІого. БацІцІадабги гІайиб-хатІа гьечІебги букІине бокьун буго. |
|
| 28 |
|
| Гьединлъидал россабазе жидерго лъудбиги рокьизе ккола, жидерго черх гІадин. Лъади йокьулесе живгоги вокьула. |
|
| 29 |
|
| Жиндирго черх рихарав инсан цониги вижичІо. Гьес кваназе жо чІезабула, чорхол тІалаб-агъаз гьабула, иман лъуразул агьлуялъул МасихІица тІалаб-агъаз гьабулеб гІадин. |
|
| 30 |
|
| Нилъги гьесул Черхалъул лугбилъун ругелъулха! |
|
| 31 |
|
| ТІухьдузда хъван буго: «Гьединлъидал эбел-эменги рехун тун, бихьинчи чІела жиндирго чІужуялде вуссун, ва гьел кІиялго цолъун, цого лъугьина». |
|
| 32 |
|
| Гьел рагІабазулъ кІудияб балъголъи буго, амма дида бичІчІулеб буго МасихІилги иман лъуразул агьлуялъулги хІакъалъулъ бугин гьеб калима. |
|
| 33 |
|
| Нужеда гьоркьоса щивав чиясеги лъади, живго гІадин, йокьизе ккела. Лъадуцаги росасул хІурмат гьабизе ккела. |
|
|
|
|