|
| 1 |
|
| Лъималги, ТІадегІанасде цолъун, эбел-инсуе мутІигІлъун лъикІ. |
|
| 2 |
|
| Аллагьасул амруязда гьоркьор руго тІуразаруни шапакъат щолилан рагІи кьурал амруял. Гьезул тІоцебесеб амру ккола: «Дурго эбел-инсул адаб-хъатир гьабе. |
|
| 3 |
|
| Цинги мун лъикІ вукІина ва дур гІумруги халалъила». |
|
| 4 |
|
| Умумузги лъимал къварид гьаруге. ТІадегІанасул амруялда рекъон гІезаре, гьезие тарбия кье ва лъикІабщинаб малъе. |
|
| 5 |
|
| Лагъзалги хІинкъа-къан мутІигІлъе жидерго бетІергьабазе. МасихІие гьабулеб гІадин, ракІ-ракІалъго хъулухъ гьабе гьезие. |
|
| 6 |
|
| ХІелхІелчагІаз гІадин, рихьдаего гьабуге хъулухъ, Аллагьасул амру тІубазабулел МасихІил лагъзадерица гІадин, ракІ-ракІалъго гьабе. |
|
| 7 |
|
| ГІадамазе гуреб, ТІадегІанасе хъулухъ гьабулеб бугеб гІадин, гъираялда гьабе. |
|
| 8 |
|
| Лагъ вукІа, узден вукІа, лъикІлъи гьабулев чиясе ТІадегІанасдасан шапакъат щолеблъи кІочон тоге. |
|
| 9 |
|
| Нужги, лагъзадерил бетІергьаби, гьединго лъикІ рукІа нужерго лагъзадеридехун. Гьел хІинкъизаруге. Нужерги гьезулги зобалазда цохІо БетІергьан вукІин кІочон тоге. Щивниги ватІа гьавуларо гьес. |
|
| 10 |
|
| Кагътил ахиралдаги — ТІадегІанасде цолъун, гьесул къуват-гучалдалъун нужго къвакІизаре. |
|
| 11 |
|
| Аллагьасул къолден ретІе, илбисалъул макруялдаса къунгутІизе. |
|
| 12 |
|
| ГІадамазда данде гурел, — тахида ругелги кверщел бугелги рухІазда дандейин нилъ рагъулел ругел. Зобалазда ругел хъубал жундуздаги гьаб бецІаб дуниялалъул кверщел кодоб бугездаги дандейин рагъулел ругел. |
|
| 13 |
|
| Гьедин бугелъул — Аллагьасул нухда рагъ гьабизе къваригІунебщинаб ретІе, чІегІераб къо чІедал гьезда дандечІезеги щибго хІехьезеги нужер къуват-гуч гІезе. |
|
| 14 |
|
| ХІакъабщиналъул рачелги борчун, ритІухълъиялъул къолденги ретІун, къвакІун чІа нуж! |
|
| 15 |
|
| Ракълил хІакъалъулъ рохалил хабар бицине къватІире рахъине нужерго хьиталги къачІай. |
|
| 16 |
|
| Цинги — божи-иманалъул хъалхъан хъатикь щулаго ккве! Гьелъ свинарила илбисалъ нужеда речІчІулел киналго цІа рекІарал чІорал. |
|
| 17 |
|
| Тархъанлъиялъул такъияги лъе, РухІалъул хвалченги хъатикь ккве. Гьеб ккола Аллагьасул рагІи. |
|
| 18 |
|
| Илагьияб РухІалъ цІезарун, киналго дугІаби гІемер гьаре ва кидагоги Аллагьасде гьардолел рукІа. ТІолабго иман лъуразул агьлуги рехсон, тІадчІун ва ракІ-ракІалъго дугІабиги гьарун, рорчІуда чІа. |
|
| 19 |
|
| Дун рехсонги гьабе дугІа, Рохалил хабаралъул балъголъиялъул хІакъалъулъ хІинкъичІого бицине дица кІал ричІулебщинахъе гьелъие рекъарал рагІаби дие Аллагьасдасан щвагийилан. |
|
| 20 |
|
| Рахсаз вухь-вухьун вугониги, Рохалил хабаралъул чапар вуго дун. Дида тІадаб налъиги тІубазабун, хІинкъичІого гьеб бицине дие тавпикъ кьегийилан гьаре. |
|
| 21 |
|
| Дун кин вугевали ва щиб гьабулев вугевали нужеда Тихикица бицина. Гьев вуго дие хирияв диналъул вацги ТІадегІанасе хъулухъ гьабулев ритІухъав чиги. |
|
| 22 |
|
| Нижер ишазул бицине ва нужер ракІбатизабизе гІолойин дица гьав витІулев вугев. |
|
| 23 |
|
| Эмен — Аллагьасдасан ва ТІадегІанав ГІиса МасихІидасан рещтІараб рекъелги, рокьиги, божи-иманги хутІаги, вацал, нужелъ! |
|
| 24 |
|
| Аллагьасул баркат насиблъаги нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІиде абадияб рокьи рекІелъ бугезе! |
|
|
|
|