|
| 1 |
|
| МасихІиде цолъиялъ нужелъе къвакІи лъугьинабулеб бугеб батани, гьесул рокьиялъ нужер ракІбатизабулебги бугони, Илагьияб РухІалдалъун нуж цолъунги ратани, нужер курмузулъ цоцаздехун гурхІел-рахІмуги бижун батани, |
|
| 2 |
|
| дун гьелдаса цІакъ вохилаан. Гьединлъидал дие бокьилаан нужер цого къасдги, цого рокьиги, цого рухІги букІине, нужеца цого пикрабиги гьаризе. |
|
| 3 |
|
| Дун лъикІав-тІокІавилан цояв, дун жеги лъикІавилан цогидав лъугьунге. Нужго гІодорегІан гьарун, цогидал нужедаса лъикІаллъун рикІкІе. |
|
| 4 |
|
| ЦохІо дурго мунагьаб напсалъе гІоло квалквадичІого, цогидазе гІологи квалкваде. |
|
| 5 |
|
| МасихІ ГІисалъ букІараб гІадинаб пикру букІа абе нужелъги. |
|
| 6 |
|
| Аллагьлъи жиндилъ бугониги, Аллагьасда ващалъизе хІаракат бахъичІо гьес. |
|
| 7 |
|
| Живго гьитІинлъизавуна, — лагъасул даражаялда чІана. Инсанасда релълъун вижарав ва инсанасул сурат жиндилъ лъугьарав |
|
| 8 |
|
| гьес живго гІодовегІанлъизавуна хвалиде гІунтІунгицин. Хъанчида вараб хвел босизеги мутІигІлъана гьев. |
|
| 9 |
|
| Гьединлъидал Аллагьас гьев тІадегІанлъизавуна, цогидазулалдаса тІадегІанаб кьуна гьесие цІарги. |
|
| 10 |
|
| ГІисал цІаралда цебе наку чІван сужда гьабила зодор ругезги, ракьалда ругезги ва гъоркьадуниялалда ругезги. |
|
| 11 |
|
| ГІиса МасихІ ТІадегІанав вукІин чІезабун, щибаб мацІалда кІалъалез рецц гьабила нилъер Эмен — Аллагьасе. |
|
| 12 |
|
| Гьале, дир хириял, дун гьенив вугеб мехалъ нуж дие мукІурал рукІиндал, дун гьениса индалги дагьабги цІикІкІараб мукІурлъигун ва Аллагьасукьа хІинкъун хІалтІе нужго хвасарлъиялъе гІоло. |
|
| 13 |
|
| Жиндаго лъикІ бихьухъе рижизарула Аллагьас нужелъ нужер къасдалги ишалги. |
|
| 14 |
|
| [14-15] Гьаб мекъаб-тІекъаб наслуялда гьоркьоб нужеца абадияб гІумруялъул хІакъалъулъ хабар тІибитІизабулеб бугеб мехалда, зигардичІого ва дагІбадичІого тІуразаре нужер киналго ишал, бецІаб сардилъ цІваби гІадин, нужго кенчІезе, мунагь-хІакъ гьечІеллъунги, гІайиб-хатІа гьечІеллъунги, Аллагьасул рацІцІадал лъималлъунги нужго лъугьине. |
|
| 15 |
|
|
|
| 16 |
|
| Гьедин гьабуни, МасихІ вачІараб къоялъ дун нужедаса чІухІила, векерун чІалде щвезе бахъараб дир хІаракат ва захІмат гІадада ккечІилан. |
|
| 17 |
|
| Хирияб бакІалда лъураб хъабиниса чагъир гІадин, дир би нужер божи-иман сабаблъун гІодобе тІолеб бугониги, дун вохун вуго, нуж киназдаго цадахъ вохун вуго дун. |
|
| 18 |
|
| Нужги роха, дида цадахъ роха нужги! |
|
| 19 |
|
| Дир хьул буго ТІадегІанав ГІисал цІобалдалъун кватІичІого нужехъе Тимофей витІизе, нужер рахъалъ гьесдасан цІияб хабарги лъан, дирги ракІ тирхизе. |
|
| 20 |
|
| ГьевгІан диргун хІал бащадав чи цониги гьечІо. РакІ-ракІалъго нужер киналго ишазе кумекалъе хІадурав чиги вуго гьев. |
|
| 21 |
|
| Цогидазин абуни, МасихІ ГІисаесеб гуреб, жидеегосеб балагьула. |
|
| 22 |
|
| Нужеда лъала гьев кьучІав чи вугевлъи ва Рохалил хабаралъе гІоло гьев дида цадахъ, инсуда цадахъ вас гІадин, хІалтІаравлъиги. |
|
| 23 |
|
| Гьединлъидал, дир иш кин ккелебали лъарабго, гьев нужехъе витІизе хьул буго дир. |
|
| 24 |
|
| ТІадегІанас дир ракІчІезабулеб буго кватІичІого нужехъе вачІине диеги рес ккелилан. |
|
| 25 |
|
| Цинги хІукму ккана гьанив дида цадахъ хІалтІарав ва къеркьарав диналъул вац, дие хІажалъулеб хъулухъалъе нужеца витІун вачІун вукІарав Эпафродит тІадвуссун нужехъе витІизе. |
|
| 26 |
|
| Кутакалда нужеде ракІ щун вуго гьев, жив унтун вукІин нужеда лъан бугилан цІакъ къваридгоги вуго. |
|
| 27 |
|
| ХІакъикъаталдаги хвалде ккун унтун вукІана Эпафродит, амма Аллагь гьесда гурхІана, гьесда гуревги, дидаги гурхІана, — къварилъиялда тІадеги къварилъи биччачІо Аллагьас диде. |
|
| 28 |
|
| Гьединлъидалин гьев тІадвуссун витІизе хІукму гьабизе дун гІедегІарав: нахъеги гьев вихьун нужер рекІелъ рохелги цІикІкІина, дир рекІел къварилъиги чучила. |
|
| 29 |
|
| БетІергьанас витІарав чи гІадин рохун къабул гьаве нужеца гьев. Гьединал гІадамазул хІурматги гьабе, |
|
| 30 |
|
| щайгурелъул МасихІил ишалъе гІоло рухІ кьезе хІадурго хвалде гІагарлъун вукІана гьев, дие хъулухъ гьабизе гьечІеб нужер рес бецІизе бокьун. |
|
|
|
|