|
| 1 |
|
| Гьанже, вацал, ТІадегІанасде цолъун, рекІелъ рохел цІикІкІаги нужер. Цого жо гІемер бицине диени захІмалъиларо, амма нужер рекІелъ гьеб дагьабги щулалъизе бокьун буго. |
|
| 2 |
|
| Воре, гьел гьабзаздаса цІуне нужго, квешлъи гьабулездасаги цІуне, инсанасул лага къотІун рехулездасаги цІуне! |
|
| 3 |
|
| Нилъецайин унго-унгояб сунат цІунулеб бугеб, — Илагьияб РухІалдалъун Аллагьасе гІибадат гьабулеб бугелъул нилъеца, МасихІ ГІисадалъун нилъ чІухІунги ругелъул ва тІасан бихьулелъул хІакъалъулъ гІадатазде мугъ чІвалебги гьечІелъул. |
|
| 4 |
|
| Гьел гІадатазде мугъ чІвазе лъиданиги ракІалде ккун батани, цогидазеялдасаги цІикІкІун гьелъие ихтияр бугеб дир! |
|
| 5 |
|
| Микьабилеб къоялъ сунатги гьабураб дие, Исраилил халкъалъулги вугев дун, Буняминил наслуялъулги вугев, жугьутІаздаса жугьутІавги вугев. Къануназул рахъ босани, фарисеязул мазгьабалъулги вукІарав дун, |
|
| 6 |
|
| иман лъуразул агьлуялъе гІазаб-гІакъуба кьезе цІакъго хІаракатги бахъулеб букІараб дица. Къанунал тІуразарурав чи Аллагьас ритІухъавлъун рикІкІунев вукІаравани, гьеб рахъалъги дун камиллъун вукІана. |
|
| 7 |
|
| Амма дие тІокІлъи-хайирлъун букІарабщинаб зарал-зиянлъун рикІкІуна дица гьанже, МасихІиде иман лъун хадуб. |
|
| 8 |
|
| Гьебали щиб гурин, хІатта кина-щинабгоцин зарал-зиянлъун рикІкІуна дица, дир ТІадегІанав МасихІ ГІиса дидаго вичІчІун лъаялъул тІокІлъи-хайиралда данде ккуни. МасихІ диего хайирлъизе ва гьесуллъун лъугьине бокьун, кинабго рехун тана дица, — рищни-къуллъун рикІкІуна дица гьеб кинабго. |
|
| 9 |
|
| Къануналда нахъвилълъун дие щвезе букІаралдалъун гуреб, гьесде иман лъеялдалъун рикІкІана Аллагьас дун жиндие ритІухъав чилъун. Инсанасул божи-иманалъухъ балагьун гьабула Аллагьас гьедин. |
|
| 10 |
|
| Дир цохІо мурад буго: МасихІги гьев хваралъуса вахъинавурав Аллагьги лъазе, МасихІил гІазаб-гІакъубаги диего гІахьал гьабизе, хвалилъги гьесда релълъине! |
|
| 11 |
|
| Дирги хьул бугелъулха хваралъуса вахъине! |
|
| 12 |
|
| Шапакъатги щун бугин ва тІубанго вацІцІалъунги вугин абизе бокьун гьечІо дие. Амма дун чІалде къавукъунев вуго, МасихІ ГІиса дидаса бергьарав гІадин, бергьине бокьун. |
|
| 13 |
|
| Дие бергьенлъи щун бугилан абизе кІоларо, вацал, дида. Дица абила, нахъехун хутІарабги кІочене тун, дун цевехун къавукъунев вугин, |
|
| 14 |
|
| чІалде цеве кІанцІулев вугин, бергьенлъиялъул шапакъат щвезе бокьун бугин. МасихІ ГІисадалъун дун Аллагьас зобалазде ахІулев вуго гьеб шапакъат босизе. |
|
| 15 |
|
| Гьединаб пикру букІине ккола киналго нилъер иман камиллъарал гІадамазул. Гьелдаса батІияб пикру нужер бугеб батани, Аллагьас бихьизабила нужеда кинаб пикру битІараб бугебали. |
|
| 16 |
|
| Амма гьанжелъагІан нилъее щварабги щулаго ккун хьвадизе ккола нилъ. |
|
| 17 |
|
| Дидасан мисал босе, вацал, ва нижедасан мисал босун хьвадулезухъги ралагье. |
|
| 18 |
|
| ГІемерисел хьвадулел ругелъулха МасихІил хъанчил тушбаби гІадин. Гьелъул хІакъалъулъ дица нужеда гІемер бицун букІана ва гІодилаго гьанжеги бицунеб буго. |
|
| 19 |
|
| Гьезул ахир — жужахІ буго, гьезул «аллагь» — чехь буго. Гьел чІухІулел руго жидерго инжитлъиялдаса. Дуниялалъул гурони пикру гьабуларо гьез. |
|
| 20 |
|
| Амма нилъер ватІан зобалазда буго. Нилъ хвасар гьарулев ТІадегІанав ГІиса МасихІ гьенисан вачІиналъухъ урхъун руго нилъ. |
|
| 21 |
|
| Гьес нилъер загІипаб ва хвалие мутІигІлъулеб черх хиса-сверизабила. Киналдаго тІад кверщел гьабизе гьесие кьураб къудраталдалъун МасихІица гьеб релълъинабила Аллагьас машгьурлъизабураб жиндирго черхалда. |
|
|
|
|