|
| 1 |
|
| Нужедаго лъала, вацал, ниж гьенире рачІин гІадада ккечІеблъи. |
|
| 2 |
|
| Гьенире рачІиналде Филиппиялда нижее кьураб гІазабги гьабураб инжитлъиги лъала нужеда, бугониги гьениб кутакаб дандечІейги къинабун, нижеца иман лъурав Аллагьас нижер ракІал къвакІизаруна, гьесдасан бачІараб Рохалил хабар нужееги бицине букІине. |
|
| 3 |
|
| Нижер рагІабазулъ я гьереси, я хъублъи, яги рекІкІ гьечІо. |
|
| 4 |
|
| Рохалил хабар тІибитІизабизе мустахІикъал гІадамаллъун Аллагьас ниж рикІкІиндалин нижер рагІаби гьединал ругел. ГІадамал разилъи гуреб, нижер ракІазул хІалбихьулев Аллагь разилъи буго нижер мурад. |
|
| 5 |
|
| Гьересияб рецц-бакъалъул рагІабигун рачІинчІо ниж гьенире, ва боцІи-рикъзиялде хъантІиги бахчун букІинчІо нижер рагІабазулъ. Гьеб нужедаги лъала, Аллагьги вуго гьелъие нугІлъун. |
|
| 6 |
|
| Нижеца гІадамаздаса рецц-бакъ тІалаб гьабичІо — я нужедаса, яги цогидаздаса. |
|
| 7 |
|
| МасихІил чапарзаби ругилан нужер гьодиде гьир ккезабизе бегьилаан нижеца. Амма каранда хахулеб лъимер бугей эбел гІадин, цІакъ хІеренго хьвадана ниж нужеда гьоркьор. |
|
| 8 |
|
| Нуж нижее цІакъ рокьана! Рохалил хабар нужехъе кьей гуребги, нужее гІоло рухІ кьезеги разилъилаан ниж. ГьедигІанги хиралъана нуж нижее. |
|
| 9 |
|
| Нужеда ракІалда батила гьениб нижеда бихьараб захІмат-гІакъуба: нужер лъиданиги тІад раччун рукІинарилан, къаси-къад чІечІого хІалтІана нижерго бетІербахъиялъе ва нужеда Илагьияб Рохалил хабарги лъазабуна. |
|
| 10 |
|
| Нужги Аллагьги нугІзаллъун руго иман лъурал нужедехун нижер букІараб ракІбацІцІалъиялъеги, ритІухълъиялъеги, гІайиб-хатІа ккезе биччачІолъиялъеги. |
|
| 11 |
|
| [11-12] Гьединго нужеда лъала, нуж жиндирго ПарччахІлъиялъулги машгьурлъиялъулги бутІа босизе ахІарав Аллагь разилъиледухъ хьвадейилан, инсуца васасда гІадин, нужер щивасда нижеца бицараблъи, гьарараблъи, ракІгьесизабураблъи. |
|
| 12 |
|
|
|
| 13 |
|
| Нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула, нижеца нужеда Аллагьасул рагІи бицараб мехалъ, гьелъухъ гІенеккун, нужеца гьеб инсанасулаблъун гуреб, Аллагьасулаблъун къабул гьабидал. Гьединаб бугизеги буго гьеб. Божи-иман букІиналъин Аллагьасул ишал нужелъ загьирлъулел. |
|
| 14 |
|
| Аллагьасде ва ГІиса МасихІиде иман лъуразул Ягьудиялда ругел жамагІатазе ккараб ккана, вацал, нужееги, Ягьудиялъул жугьутІаз гьезие кьураб гІадинаб гІазаб-гІакъуба кьуна нужееги нужерго халкъалъ. |
|
| 15 |
|
| ЖугьутІаз чІвана ТІадегІанав ГІисаги аварагзабиги, нижги гьез нахъе гъуна. Аллагьги гьез рази гьавуларо, киналго гІадамазда дандечІунги руго гьел! |
|
| 16 |
|
| Хвасарлъулеб хабар цогидал халкъазда бицине нижее квекІен гьабуна жугьутІаз. Гьелдалъун тІубанго камиллъана кидаго гьез гьарурал квешлъаби! Ахирги Аллагьасул ццин бахъин рещтІана гьезде. |
|
| 17 |
|
| Доб мехалъ нужедаса ратІалъизе ккедал, — нижго рикІкІалъаниги, ракІалда нужгун рукІиндал, — нуж рихьизе дагьабги цІикІкІун хІаракат бахъулеб букІана, вацал, нижеца. |
|
| 18 |
|
| Гьединлъидал нужехъе рачІине къачІан рукІана ниж, — дун Павелги чанцІулго къачІан вукІана, — амма илбисалъ квалквал гьабуна нижее. |
|
| 19 |
|
| Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ вачІараб мехалъ, гьесда цебе, нуж гурони, щал нижее кколел нижер хьуллъунги, рохеллъунги ва рецц-бакъалъул тажлъунги? |
|
| 20 |
|
| Нуж руго нижер чІухІиги рохелги! |
|
|
|
|