|
| 1 |
|
| Гьеб лъугьине бугеб заманаялъулги болжалалъулги хІакъалъулъ нужехъе хъвазе ккеларо, вацал. |
|
| 2 |
|
| Нужедаго мухІканго лъалелъул ТІадегІанасул къо тохлъукьего — сардилъ цІогьор гІадин бачІунеблъи. |
|
| 3 |
|
| Ракълида ругин ва сундулго хІинкъиги гьечІин гІадамаз абулеб мехалъ, чІужугІаданалда тохлъукье хІара чІвалеб гІадин, ракІалдаго гьечІого хвела гьел, ва щивниги хвасарлъиларо. |
|
| 4 |
|
| Нужни, вацал, бецІлъуда гьечІелъул, цІогьор гІадин бачІинаро нужехъе гьеб къо. |
|
| 5 |
|
| Нуралъ къалъ-къалъизарунги руго нуж киналго, къоялъ гвангъизарунги руго. Нилъее я сордо гьечІо, я бецІлъи гьечІо. |
|
| 6 |
|
| Гьединлъидал, цогидал гІадамал гІадин, кьижиларо, рорчІуда рукІина, ригьун рукІина нилъ. |
|
| 7 |
|
| Кьижулев чи сардилъин кьижулев, мехтулев чиги сардилъин мехтулев. |
|
| 8 |
|
| Амма къоялъ гвангъизарун ругелъул, иманалъулги рокьулги къолденги ретІун, хвасарлъизе рукІиналде хьулалъул такъияги лъун, ригьун рукІине риччанте нилъ! |
|
| 9 |
|
| Жиндирго ццин нилъеде рещтІине гурелъул Аллагьас нилъ тІаса рищун ругел, нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІидалъун нилъ хвасар гьаризелъидал. |
|
| 10 |
|
| Гьев нилъее гІоло хвана, жив вачІараб мехалъ хун ратаралги чІаго ратаралги, жиндаго релълъун чІаго рукІине. |
|
| 11 |
|
| Гьединлъидал цоцазул ракІбатизабе ва цоцазе квербакъе. Нужеца гьедин гьабулебги буго. |
|
| 12 |
|
| Нужер агьлуялъе имамлъи гьабун ва ТІадегІанасул рагІул вагІза-насихІат гьабун захІмат баччулеб бугезул адаб тогейилан гьарула, вацал, нужеда. |
|
| 13 |
|
| Гьез бахъулеб бугеб хІаракаталъухъ цІикІкІун рокьизе ккола нужее гьел ва гьезул хІурмат-хъатирги гьабизе ккола. Нужедаго гьоркьор лъикІ рукІа! |
|
| 14 |
|
| Нижеца нужеда гьарулеб буго, вацал: кІвахІалазда рагІи абе, хІинкъаразул ракІбатизабе, загІипазда квер чІвай, киназдехунго сабруялда рукІа. |
|
| 15 |
|
| Вореха, нужер цонигияс квешлъи квешлъиялдалъун бецІизе гурин. Нужеца кидаго хІаракат бахъе цоцазеги цогидал гІадамазеги лъикІлъи гьабизе. |
|
| 16 |
|
| Кидаго рази-ракиго рукІа. |
|
| 17 |
|
| Кидаго гьари-дугІаялда тІадчІа. |
|
| 18 |
|
| Сундулъго Аллагьасе рецц гьабе. Аллагьасе бокьун буго, гьел амруялги тІуразарун, МасихІ ГІисаде цолъараб гІумру нужеца гьабизе. |
|
| 19 |
|
| Илагьияб РухІалъул цІа свине биччаге. |
|
| 20 |
|
| Аллагьасул илгьамги нахъчІваге. |
|
| 21 |
|
| Киналъулго хІалбихье, лъикІабги ккун чІа. |
|
| 22 |
|
| Кинабгоги квешлъиялдаса цІуне нужго. |
|
| 23 |
|
| Нилъ ракълиде рачарав Аллагьас тІубанго рацІцІад гьареги нуж, нужер тІолабго чІаголъи: рухІги, напсги, черхги — нилъер ТІадегІанав ГІиса вачІиналде бацІцІадго букІине. |
|
| 24 |
|
| Нуж тІаса рищарав Аллагьас гьедин гьабизеги гьабила, гьев рагІи холарев вугелъул. |
|
| 25 |
|
| Нижги дугІадулъ рехсе, вацал. |
|
| 26 |
|
| Киналго вацазда, ракІ-ракІалъго баун, салам гьабе. |
|
| 27 |
|
| Аллагьасул амруялдалъун дица нужеда лъазабулеб буго гьаб кагъат киналго вацазе цІалейилан. |
|
| 28 |
|
| Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги нужеда! |
|
|
|
|