|
| 1 |
|
| ТІадегІанав ГІиса МасихІ вачІине вукІиналъул ва нилъ гьесда аскІоре данделъизе рукІиналъул рахъ босани, дица нужеда гьарулеб буго, вацал, |
|
| 2 |
|
| лъилниги кашпу-караматалдалъун, яги вагІза-насихІаталдалъун, яги нижеца битІарабилан абулеб кагътидалъун гьениб нужехъе хабар щвани ТІадегІанасул къо тІаде гІунтІун бугилан, нуж рихха-хочуге ва гьедигІан бигьаго къосинеги къосунге. |
|
| 3 |
|
| Лъицаниги кингоги гуккизе чІоге нуж. Гьеб къо тІаде щвелалде гІадамал Аллагьасда данде питнаялъе рахъина. Ракьалде вачІина кІудияб квешлъи гьабизе бугев ва хвалде иналъе хІалтІизе вугев чи. |
|
| 4 |
|
| Гьев чи дандечІезе вуго гІадамаз Аллагьлъун рикІкІунесдеги, гьез тІагІат-гІибадат гьабулебщиналдеги. Жив гьездасаги тІадегІанав вугилан чІела. ХІатта Аллагьасул Мукъадасаб рокъов гІодов чІун, жив Аллагь вугиланги лъазабила гьес. |
|
| 5 |
|
| Дун гьенив вугеб мехалъ гьеб киналъулго хІакъалъулъ бицун букІанагури дица, нужеда ракІалда гьечІищ гьеб? |
|
| 6 |
|
| Гьанже нужеда лъала, гьев вачІине мех щвезегІан, сунца ккун чІезавун вугевали. |
|
| 7 |
|
| Бахча-хьван жиндирго иш гьанжего гьабулеб буго гьеб квешлъиялъ. Амма гьеб ккун чІезабун бугев нухдаса нахъе вачинегІан, квешлъи загьирлъиларо. |
|
| 8 |
|
| Гьеле гьебмехалъ загьирлъила дов кІудияб квешлъи гьабизе бугев чи. ТІадегІанав ГІисаца тІаде пун иш лъугІизабила гьесул, ГІиса вачІиналъул кІодолъиялъ хвезавила гьев. |
|
| 9 |
|
| ВачІун гьев чияс, илбисалъул къуваталдалъун, батІи-батІиял гьересиял мугІжизаталги гІаламаталги рихьизарила. |
|
| 10 |
|
| БатІи-батІияб хІилла-рекІкІалдалъун гуккила жидедаго тІаде тамихІ цІалеб бугел гІадамал. Гьедин ккела жиндалъун хвасарлъизе рукІараб хІакъабщинаб гьезие бокьуларелъул ва гьез гьебги нахъчІвалелъул. |
|
| 11 |
|
| Гьеб сабаблъунин Аллагьас гьезухъе битІулеб гьел къосинарулеб къуват ва гьересиялда гьел божизарулел. |
|
| 12 |
|
| Гьедин хІакъабщиналдаги божичІого, квешабщиналдаса лазат-кеп босаразе тамихІ гьабила! |
|
| 13 |
|
| ТІадегІанасе рокьулел нуж сабаблъун ккун нижеца кидаго Аллагьасе рецц гьабула, вацал, тІоцере хвасарлъулеллъун Аллагьас нуж тІаса рищун ругелъул. Нуж хвасарлъила — Илагьияб РухІалъ нуж рацІцІалъизаридал ва хІакъабщиналда божидал. |
|
| 14 |
|
| Аллагьас нуж тІаса рищана, нижеца бицараб Рохалил хабаралъухъ гІенеккидал. ТІадегІанав ГІиса МасихІил машгьурлъи нужехъеги щвезейин нуж тІаса рищарал. |
|
| 15 |
|
| Гьединлъидал, вацал, нуж къвакІун чІа ва вагІза-насихІатаздаги кагътидаги нижеца малъараб хІакъабщинаб кьуричІого ккве. |
|
| 16 |
|
| ТІадегІанав ГІиса МасихІица ва жиндие нилъги рокьарав, къин гьечІеб къвакІиги щулияб хьулги нилъее жиндирго баркатгун кьурав нилъер Эмен — Аллагьасги |
|
| 17 |
|
| нужер ракІал къвакІизареги ва лъикІал ишазулъги рагІабазулъги нужее квербакъаги. |
|
|
|
|