|
| 1 |
|
| Ахиралдаги, вацал, нужеца Аллагьасда гьаре ТІадегІанасул хІакъалъулъ хабар хехго тІибитІизабизеги, нужер гьенибго гІадин, машгьурлъуледухъ гьеб хабар гІадамаз къабул гьабизеги нижее квербакъеян. |
|
| 2 |
|
| Киналго гурелъул божулел ругел, — пасатал ва квешал гІадамаздаса ниж цІунейиланги гьаре. |
|
| 3 |
|
| Кьураб рагІи кколев Аллагьас нужер ракІал къвакІизарила ва квешлъиялдаса цІунила. |
|
| 4 |
|
| ТІадегІанас нижерги ракІчІезабулеб буго нижеца малъарабщинаб нужеца гьабулеб букІиналдаги хадубккун гьабизе букІиналдаги. |
|
| 5 |
|
| Аллагьас нужер рекІелъе лъугьинабеги жиндирго гІадинаб рокьиги ва МасихІил гІадинаб сабруги. |
|
| 6 |
|
| ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІаралдалъун нижеца нужеда лъазабулеб буго, вацал, кІвахІалалщинал ва нижеца гьениб малъарабщинабги босичІел нужер агьлуялъул чагІаздаса рикІкІад чІайилан. |
|
| 7 |
|
| Нужедаго лъалелъул нижедаса мисал босун хьвадизе кколеблъи. Ниж гьенир ругеб мехалъ нижер кІвахІаллъи бихьичІогури нужеда. |
|
| 8 |
|
| Чияр хинкІ-чедалде ккун рукІинчІо ниж гьенир, къаси-къад чІечІого хІалтІана нужер лъиданиги раччун рукІинарилан. |
|
| 9 |
|
| Нужеца хьихьейилан абизе ихтияр букІаниги, ниж гьедин хьвадана, нижедасан мисал босизе букІине. |
|
| 10 |
|
| Ниж гьенир ругеб мехалъ нижеца абулаангури нужеда: хІалтІизе бокьуларев чи кваначІого чІайилан. |
|
| 11 |
|
| Нижеда рагІидалха гьенир ругин кІвахІалал ва кколарелъуре раккун квалквал гьабулел цо-цо гІадамал. |
|
| 12 |
|
| ТІадегІанав ГІиса МасихІил вакиллъиялдалъун гьединал чагІазда гІайибги чІван, нижеца лъазабулеб буго: нужерго квералъ бетІербахъиги гьабун, гІодоре риччан чІайилан. |
|
| 13 |
|
| Цинги, вацал, лъикІлъи гьабун свакаге нуж. |
|
| 14 |
|
| Гьаб кагътида нижеца хъваралъухъ гІенеккуларев чиясдеги кІвар кьечІого тоге. Живго намуслъизе, гьесулгун гьоркьоблъи гьабуге. |
|
| 15 |
|
| Амма тушманлъи лъазабичІого, вацасе гІадин, бадибчІвай гьабе гьесие. |
|
| 16 |
|
| Нилъ ракълиде рачарав ТІадегІанас ракълида таги нуж кидаго ва сундулъго. Биччанте ТІадегІанав нужеда киназдаго цадахъ вукІине. |
|
| 17 |
|
| Дирго квералъ хъвалеб буго: Павелил рахъалдасан салам буго нужеде. Гьадин чанго рагІи хъвала дица щибаб кагътида, гьанибги хъвалеб буго. |
|
| 18 |
|
| Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги нужеда киназдаго! |
|
|
|
|