|
| 1 |
|
| Гьеле гьедин, сундасаго цебе, дица гьарулеб буго: нужеца дугІадулъ киналго рехсе, Аллагьасда гьаре гьезда тІасалъугьайилан, гьезде баркат рещтІинабейилан. ДугІадулъ Аллагьасе реццги гьабе. |
|
| 2 |
|
| ДугІадулъ рехсе парччахІзабиги киналго хІакимзабиги. Гьедин гьабуни, нилъер гІумру букІина гІодобе биччараб ва ракълилаб, муъминлъиги цІикІкІараб, къадру-къимат борхараб. |
|
| 3 |
|
| Гьеб буго нилъ хвасар гьарулев Аллагьасда цебе лъикІаб ва гьев разилъулеб иш, |
|
| 4 |
|
| гьесие бокьун бугелъулха киналго гІадамал хвасарлъизе ва хІакъабщинаб лъаялде рачІине. |
|
| 5 |
|
| [5-6] Аллагь цо вуго, Аллагьасул ва инсанияталъул гьоркьохъанги цо Инсан вуго. Гьев ккола киназулго рецІалие живго кьурав МасихІ ГІиса. Гьебги ккола Аллагьас хъвараб заманалда загьирлъараб гІаламат! |
|
| 6 |
|
|
|
| 7 |
|
| Гьединлъидал Аллагьас дун витІана божи-иманалъул ва хІакъабщиналъул хІакъалъулъ цогидал халкъазда бицине илчилъун, чапарлъун ва насихІатчилъун. Дица гьереси бицунеб гьечІо, дица битІараб бицунеб буго! |
|
| 8 |
|
| Дие бокьун буго бихьиназ кидаго ва кибго гьари-дугІаялъе кверал цере кквезе рацІцІадал къасдалгун, рекІелъ ццин гьечІого ва дагІба-къец гьечІого. |
|
| 9 |
|
| Риччанте руччаби гІадатго ретІа-къан рукІине, риччанте гьел берцинлъизе бацІцІадаб намусалъги лъикІаб гІамалалъги. БотІрол рас къачІаялъ, меседалъ ва жавгьар-якъуталъ, чІухІараб ратІлица гуро гьел берцинлъизе кколел, |
|
| 10 |
|
| гьел берцинлъизе ккола Аллагьасе гІибадат гьабулел руччабазда рекъолебщиналдалъун, ай лъикІал ишаздалъун. |
|
| 11 |
|
| Йиччанте чІужугІадан, юцІцІун чІун, тІубараб мутІигІлъигун, вагІза-насихІаталъухъ гІенеккизе. |
|
| 12 |
|
| Дица чІужугІаданалъе изну кьоларо насихІат гьабизе. Гьедин бихьиназда тІад кверщел гьабизе бегьуларо гьелъ. ЙицІцІун чІайилан абе! |
|
| 13 |
|
| ТІоцеве Адам вижидалха, ХІава цинги йижана. |
|
| 14 |
|
| Адам гуро къосинавурав, чІужугІадан къосинаюна. Гьелъ Аллагьасул амру тІубазабичІо. |
|
| 15 |
|
| Амма гьейги хвасарлъизе йиго лъимал гьаридал, гьайгьай, гьелъ гІумру божи-имангун ва рокьигун, бацІцІадго ва цІодорго тІамулеб бугони. |
|
|
|
|