|
| 1 |
|
| Илагьияб РухІалъ якъинго бицунеб буго ахираб заманаялда цо-цо гІадамал божи-иманалдаса руссинилан. Гьел руссина гьерсал рицунел жундузде, гьел нахърилълъина шайтІабаз малъаралда. |
|
| 2 |
|
| Гьел къосинарила намусги яхІги хІатІикь мерхьарал, ххвелал гьаризе гьунар бугел гьерсихъабаз. |
|
| 3 |
|
| Гьез лъудби рачине гьукъула, цо-цо нигІматал кваназе изну кьоларо — хІакъабщиналда божулел ва гьеб лъалел гІадамаз баркала кьун кваназе Аллагьас гьел нигІматал рижун ругониги. |
|
| 4 |
|
| Аллагьас бижанщинаб жо лъикІаб буго, баркала кьун кваналеб щибго жо нахъчІвазе бегьуларо. |
|
| 5 |
|
| Гьеб хІалаллъизабула Аллагьасул каламалъги нилъер дугІаялъги. |
|
| 6 |
|
| Диналъул вацазда гьедин малъани, мун вукІина МасихІ ГІисае хъулухъ гьабулев лъикІав чилъун. Божи-иманалъул рагІабазулги мун нахъвилълъарал лъикІал насихІатазулги дуе пайда бахун букІин бихьила. |
|
| 7 |
|
| Мун рикІкІад чІа Аллагь рикІкІунарезул гьересиял ва херал руччабазул гІадинал харбаздаса. Мунго ругьун гьаве хІакъаб муъминлъиялъе. |
|
| 8 |
|
| Черх къвакІизабиялъул пайда цо-цо мехалъ гурони букІунаро, муъминлъиялъул пайдайин абуни кидаго букІуна. Гьелъул пайда букІина дуниялалдаги ахираталдаги. |
|
| 9 |
|
| Гьел руго нилъеца къабул гьаризе кколел хІакъал рагІаби. |
|
| 10 |
|
| Гьелъие гІололъидал нилъ гъеж гурун хІалтІулел ругел, къеркьолел ругел, абадияв-даимав Аллагьасде хьулги лъун. Гьес хвасар гьаруна киналго гІадамал, хасго иман лъуралал. |
|
| 11 |
|
| Гьаб кинабго ракІалда чІезабун амру гьабе ва малъе гьезда. |
|
| 12 |
|
| ГІолохъанчи вугилан мунго гьез рикІкІинчІого тезе чІоге. Иман лъуразе мун мисаллъун вукІа бицунеб рагІулъги, гІамал-хасияталъулъги, рокьиялъулъги, божи-иманалъулъги, вацІцІалъиялъул рахъалъги. |
|
| 13 |
|
| Дун гьениве вачІинегІан ТІухьдул цІалиялде, вагІзабазде ва насихІатазде машгъуллъе. |
|
| 14 |
|
| Аллагьасдасан рещтІаралда рекъон, иман лъуразул агьлуялъул бутІруз, дугІаги гьабун, тІад кверги лъун тІамураб мехалъ, Аллагьасул амруялдалъун дуе насиблъараб гьунаралдаса пайда босичІого чІоге. |
|
| 15 |
|
| Гьеб кинабго тІадчІун ва ракІ-ракІалъго гьабе. Цинги киназдаго бихьила дур иш цебетІолеб букІин. |
|
| 16 |
|
| Дуца халккве дудаго хадубги дуца малъулелда хадубги. Гьеб ишалдаса кьурун гали тІамуге, гьелдалъун дуца мунгоги духъ гІенеккаралги хвасар гьарила. |
|
|
|
|