|
| 1 |
|
| ГІумруялъ дудаса цІикІкІарав чиясе хъачІго бадибчІвай гьабуге, инсудехун гІадин кІалъан малъе гьесда. Дудаса гІолохъанал гІадамаздаги вацазда гІадин кІалъай. |
|
| 2 |
|
| ЦІикІкІарал руччабаздехун кІалъай эбелалдехун гІадин, гІолохъаназдехун кІалъай яцазда гІадин, намусги вацІцІалъиги цІунун. |
|
| 3 |
|
| ХІакъикъаталдаги кумекалде хІажатал къоролруччабазул тІалаб-агъаз гьабе. |
|
| 4 |
|
| Къоролалъул лъимал яги лъималазул лъимал ругони, риччанте гьел ругьунлъизе божи-иман лъидасаго цебе жидерго рукъалъул агьлуялда бихьизабизе, эбел-инсул ва кІудабазул тІалаб-агъаз гьабизе. Гьеб буго Аллагь разилъулеб гІамал. |
|
| 5 |
|
| Кумекалде хІажалъарай ва тІалаб гьабизе чи гьечІого хутІарай къоролалъ, цохІо Аллагьасде хьул лъун, къасиги къадги дугІа гьабун, гьесдасан кумек гьарула. |
|
| 6 |
|
| Амма жиндиего лазаталъе гІоло гІумру гьабулей йигей къоролай ккола чІаго йикІаго хварай гІадан. |
|
| 7 |
|
| Гьаб кинабго тІубазабизе тІаме дуца гьел, гьезул гІумруялда гІайиб чІвангутІизе. |
|
| 8 |
|
| ГІагарлъиялъул, хасго рукъалъул агьлуялъул тІалаб-агъаз гьабуларев чи божи-иманалдаса ватІалъула ва иман лъечІездасаги квешлъула. |
|
| 9 |
|
| СияхІалде росе лъабкъого сонги барал, цо нухалъ гурони росасеги инчІел, къоролзаби. |
|
| 10 |
|
| Гьел рукІине ккола лъикІал ишаздалъун машгьурлъарал, лъималазе тарбия кьурал, гьалбал рокьулел, диналъул вацазул хІатІал хІурудаса чурулел, къварилъи ккарасе кумекалъе ратарал ва лъикІалщинал ишал жидеца гьарулел рукІарал руччаби. |
|
| 11 |
|
| ГІолохъанал къоролруччаби сияхІалде росуге. Жидерго гьава бергьун МасихІидаса рикІкІалъараб мехалъ, росабазе ине бокьула гьезие, |
|
| 12 |
|
| ва гьезда тІаде ккола росасе инарилан букІараб къотІи хвеялъул гІайиб. |
|
| 13 |
|
| Гьединго гьел ругьунлъула хІалтІичІого чІезе ва цо авалалдаса цогидалде хьвадизе. КІвахІаллъарал гІечІого, гІадамазда нахъасан гаргадизе ругьунлъула, чияр ишазде гьоркьоре лъугьуна, бицине рекъечІебги бицуна. |
|
| 14 |
|
| Гьединлъидал дица гІолохъанал къоролруччабазе гІакълу кьолеб буго росабазе айилан, лъимал гьарейилан, рукъалъул магІишаталде руссайилан ва тушманзабаз квешаб цІар чІвазе рукІунгейилан. |
|
| 15 |
|
| Илбисалда нахърилълъун къосарал цо-цо къоролруччабиги ругелъулха. |
|
| 16 |
|
| Диналъул яцалъул ругони къороллъун хутІарал гІагарал руччаби, биччанте гьезул тІалаб-агъаз гьелъ гьабизе. Иман лъуразул агьлуялъе бигьалъила жалго цохІо хутІарал къоролруччабазе кумек гьабизе. |
|
| 17 |
|
| Иман лъуразул агьлуялъул ишал тІуразарулезе, хасго вагІза-насихІаталъе хІалтІулезе, кІиго бутІаялъ цІикІкІун кьезе ккела мухь. |
|
| 18 |
|
| ТІухьдузда хъван бугелъулха: «Лал бокъунеб бугеб оцол кІалалда таргьа баге» ва «ХІалтІухъан мухь кьезе мустахІикъав вуго», — ян. |
|
| 19 |
|
| Иман лъуразул агьлуялъул бутІрузда тІасан бачІараб гІарза гІадахъ босуге, гьеб битІараб букІин кІиго яги лъабго нугІас чІезабичІони. |
|
| 20 |
|
| Мунагь гьабулел гІадамалин абуни, тІолабго агьлуялда цере къватІир чІвазаре, гьелъухъ балагьун цогидалги хІинкъизе. |
|
| 21 |
|
| Аллагьасда, МасихІ ГІисада ва тІаса рищарал малаикзабазда цебе дица дуда лъазабулеб буго гьал насихІатазда рекъон хьвадейилан, щивниги ватІа гьавугейилан, лъиениги тІокІлъи гьабугейилан. |
|
| 22 |
|
| Щивниги хъулухъалъе вачине тІад квер лъезе гІедегІуге. Цогидал гІадамаз мунагьалъукье кколеб иш гьабулеб бугони, мун гьелда гьоркьов гІахьаллъуге. Мунго вацІцІадго цІуне. |
|
| 23 |
|
| Жибго лъим тІокІаб гьекъоге дуца, дагьа-дагьаб чагъир жубай, дур чехь унтараб бугелъул ва гІемерисеб мехалъ мун лъикІ гьечІого вукІунелъул. |
|
| 24 |
|
| Цо-цо чиясул мунагьал гьанжего рихьулел руго ва Аллагьасул судалде гьесда цере-цере унел руго. Цогидаз жидерго мунагьал хадур рехъерхъулел руго. |
|
| 25 |
|
| Гьединго лъикІал ишалги: цоял гьанжего рихьулел руго, цогидал рихьулел гьечІо, амма кингоги гьел лъачІого хутІуларо. |
|
|
|
|