|
| 1 |
|
| Аллагьасул баркаталъул къуват-гуч гьарзаго щвезе ккола, дир вас, дуе. Гьеб нилъее щола МасихІ ГІисаде цолъиялдалъун. |
|
| 2 |
|
| ЦІакъго гІемерал нугІзал ругеб бакІалда дидасан дуда рагІанщинаб жо дуца бице божизеги бегьулел, цогидазда малъизе махщелги бугел гІадамазда. |
|
| 3 |
|
| МасихІ ГІисал ритІухъав рагъухъанас гІадин, гІазаб-гІакъуба хІехьезе хІадурго вукІа. |
|
| 4 |
|
| Чабхъеналда гІахьаллъарав рагъухъан магІишатиял ишазде машгъуллъуларо, жив бодулъе ахІарав цевехъан разилъизавизе хІаракат бахъула гьес. |
|
| 5 |
|
| Гугарухъанасеги бергьенлъиялъул гор щоларо, букІине кколеб къагІидаялъ гьев гугаричІони. |
|
| 6 |
|
| Гьединго гІетІ тІун хІалтІарав хурухъанасеги тІоцебе щвезе ккола хуриса бачІаралъул бутІа. |
|
| 7 |
|
| Дир рагІабазул пикру гьабе дуца. Кинабго бичІчІизе кумек гьабила дуе ТІадегІанас. |
|
| 8 |
|
| Давудил наслуялъул вас ГІиса МасихІ ракІалдаса ине виччаге. Гьев хваралъуса вахъиналъул бицунеб Рохалил хабар тІибитІизабулеб буго дица. |
|
| 9 |
|
| Гьеб сабаблъун гІазаб буго дие — такъсирчиясда кинигин, рахсал ран руго. Амма Аллагьасул каламалда рахсал разе кІоларо! |
|
| 10 |
|
| Гьединлъидал дица кинабго хІехьолеб буго тІаса рищаразе гІоло — МасихІ ГІисаде цолъун, гьезие абадияб къудратги хвасарлъиги щвезе. |
|
| 11 |
|
| ЦІакъ ритІухъал рагІаби руго: Гьесда цадахъ нилъ хун ратани, Гьесда цадахъ чІагоги рукІина, |
|
| 12 |
|
| Нилъеца хІехьолеб бугони, Гьесда цадахъ парччахІлъиги гьабизе буго, Нилъеца Гьесдаса инкар гьабуни, Гьесги нилъедаса инкар гьабила, |
|
| 13 |
|
| Нилъеда божизе бегьичІониги, Гьесда божизе бегьула, Жинцаго жиндасаго инкар гьабизе кІоларелъул Гьесда. |
|
| 14 |
|
| Гьездаги ракІалде щвезабе гьеб. Аллагьасда цебе кидаго кьварун лъазабе гьезда гьодорал рагІабазул рахъалъ дагІба-къец гьабугейилан. ГІенеккаразе гьелдасан, къосин гурони, пайда гьечІо. |
|
| 15 |
|
| Мун гІазаб-гІакъуба хІехьарав чи вугелъул, кІвараб хІалалъ хІаракат бахъе Аллагь разилъизавизе. ЗахІматалдаса намуслъизе бакІ гьечІев ва хІакъаб рагІи гурони бицунарев хІалтІухъанлъун вукІа. |
|
| 16 |
|
| Иман гьечІел ва гьодорал харбал рикІкІад гьаре. Гьез гІадамал Аллагьасдаса цІакъго рикІкІалъизарула. |
|
| 17 |
|
| ГьересинасихІатчагІазул рагІаби тІиритІула, чорхол цо лага хьордони, цогидал лугбуздеги гьеб бахунеб гІадин. Гьединазда гьоркьор руго Гименейги Филетги, |
|
| 18 |
|
| — гьел хІакъаб нухдаса тарун руго ва гьез абулеб буго гІалам гьанжего хваралъуса бахъун бугилан, гьелдалъун цо-цоязул божи-иман кІалагъоркье чІвалеб буго. |
|
| 19 |
|
| Амма Аллагьас тІамураб кьучІ щулияб буго, кьуричІого чІун буго, «Аллагьасда жиндиралго лъала» ва «БетІергьанасул цІар рехсаравщинав чи квешлъиялдаса рикІкІалъе!» абурал рагІабазул мугьруги буго гьеб кьучІалда. |
|
| 20 |
|
| Бечедаб рокъоб, гІарац-меседалъул гуребги, цІулал ва щагІил цІарагІги букІуна. Гьезул цояздасан щибаб къойил пайда босула, цогидал тун рукІуна бертин-тоялъул къоялъ къватІире рахъизе. |
|
| 21 |
|
| Квешабщиналдаса вацІцІад чІарав чи релълъуна гьединаб, цо хирияб къоялъе къачІан бугеб цІарагІалда. Гьеб бацІцІадго хутІула, бетІергьанасе гьелдаса пайда бахуна ва лъикІалщинал ишазе ярагьуна. |
|
| 22 |
|
| ГІолохъанаб мехалда рекІелъе лъугьунел квешал къасдаздаса рикІкІалъе. РакІбацІцІадго ТІадегІанасе тІагІат-гІибадат гьабулезда цадахъ хІаракат бахъе ритІухълъи, божи-иман, рокьи ва рекъел нужелъго хутІизе. |
|
| 23 |
|
| ГІадалаб ва жагьилаб дагІба-рагІиялдаса рикІкІалъе, дуда лъала гьелъ кьалде рачунеблъи. |
|
| 24 |
|
| ТІадегІанасе хъулухъ гьабулев чиясда рекъараб гьечІо гьелда гьоркьов гІахьаллъизе. Гьев вукІине ккола киназдехунго ракІлъикІав, малъизе бажарулев ва сабруяв чи. |
|
| 25 |
|
| Жинде дандечІаразеги гьес хІеренго-хІалимго гьабизе ккола насихІат. Щиб лъалеб, жидеца гьабуралдаса рекІекълъизе тІамила Аллагьас гьел ва хІакъабщинаб лъаялде рачина. |
|
| 26 |
|
| Цинги гьел кантІила, илбисалъул амруялъе мутІигІлъиялдалъун гьел ккун рукІараб къорикьа рорчІила. |
|
|
|
|