|
| 1 |
|
| Цоги дуда лъай, Къиямасеб къоялде гІагарлъидал, захІматаб заман бачІине букІин. |
|
| 2 |
|
| ГІадамазе цохІо жалго рокьила, гІарацги бокьила, жалго жидецаго реццила; гІамал кІодолъила, хъачІал рагІаби абила; эбел-инсухъ гІенеккиларо, баркала лъаларо, иман-диналдаса ратІалъила. |
|
| 3 |
|
| Гьел рукІина рекІелъ рокьиги гурхІелги гьечІел, мацІ гьабулел, пасатал, гІасиял, лъикІлъи рихарал, |
|
| 4 |
|
| хиянат гьабулел, тІасанккарал, чІухІарал чагІи. Аллагь разилъизавичІого, жидерго чурхдул разилъизарила. |
|
| 5 |
|
| Рихьдаего Аллагьасда божулеллъун чІела, хІакъикъаталдайин абуни, гьез божи-иман гІадахъ босуларо. Гьединал гІадамаздаса рикІкІад чІа мун. |
|
| 6 |
|
| Гьездаго релълъарал руго гьанже цо-цо гІадамал. Чияр рукъзабахъе лъугьун, гьез жидеего мутІигІ гьарула мунагьазул гьир бакІлъарал, батІи-батІиял къасдаз къосинарурал, тохал руччаби. |
|
| 7 |
|
| Гьел руччаби кидаго цо щибалиго лъазабизейилан лъугьуна, амма киданиги хІакъабщиналда нахъгІунтІуларо. |
|
| 8 |
|
| Мусаде данде Яннесги Ямбресги чІарал гІадин, пасатаб пикруялъул гьел гІадамалги хІакъабщиналде дандечІун руго. Гьодораб батана гьезул божи-иман. |
|
| 9 |
|
| Амма гьезул иш битІун ккеларо. Дол кІиязулго гІантлъиго гІадин, гьезул гІантлъиги къватІибе загьирлъила! |
|
| 10 |
|
| [10-11] НасихІатал, хьвада-чІвади, цебе лъураб мурад, божи-иман, сабру, рокьи ва къохІехьей, гьединго Антиохиялда, Икониялда ва Листраялда дица хІехьезе ккараб хадурчІей ва гІазаб-гІакъуба — гьезул кинаб босун хал гьабуниги, мун кидаго дида хьолбохъ вукІана. Гьеб кинабгоги гІазаб-гІакъубаялдаса ТІадегІанас ворчІизавуна дун! |
|
| 11 |
|
|
|
| 12 |
|
| МасихІ ГІисаде цолъун, бацІцІадго гІумру гьабизе бокьаралщиназеги букІине буго гьединаб гІазаб-гІакъуба. |
|
| 13 |
|
| Амма квешлъиги хІилла-рекІкІги гьабулел гІадамал дагьабги квешалде ина. Гьезги гуккулел руго — гьелги гуккулел руго. |
|
| 14 |
|
| Мунго чІа дудаго малъарабги тІубанго дур рекІеца къабул гьабурабги ккун. Дуда лъала дур мугІалимзаби щалали. |
|
| 15 |
|
| Лъимерлъудасаго лъана дуда Хириял ТІухьдул. Гьел ТІухьдузул гІакъиллъиялда кІола МасихІ ГІисаде божи-иманалдалъун мун хвасарлъулеб куц малъизе. |
|
| 16 |
|
| Киналго ТІухьдул — Аллагьасул калам буго. Гьез хІакъабщинаб малъула, тІекъабщинаб къватІиб чІвазабула, гъалатІ-хатІа битІизабула, ритІухъаб гІумруялъул хІакъалъулъ насихІат гьабула. Сундуего пайда буго гьезул. |
|
| 17 |
|
| Хириял ТІухьдуз Аллагьасе хъулухъ гьабулев чи камиллъизавула ва лъикІал ишазе хІажалъулебщинабги гьесие насиблъизабула. |
|
|
|
|