|
| 1 |
|
| Гьезда кидаго ракІалде щвезабе хІакимзабазе мутІигІлъизе кколилан, ракІалде щвезабе малъараб гьабейилан, лъикІабщинаб гьабизеги хІадурго чІайилан, |
|
| 2 |
|
| лъилниги хІакъалъулъ квешаб рагІи абугейилан, дагІбадугейилан, хІалимлъейилан, киналго гІадамаздехун хІеренлъейилан. |
|
| 3 |
|
| Цере нилъги рукІиндалха гІантал, Аллагьасде мутІигІлъуларел, къосинарурал, нилъерго гьаваялъеги ва батІи-батІиял лазатазеги лагълъи гьабулел, ццидалъги жахІдаялъулъги къарал чагІи; нилъее гІадамалги рокьулароан, гІадамазе нилъги рокьулароан. |
|
| 4 |
|
| Амма нилъ хвасар гьарулев Аллагьасдасан лъикІлъиги ва инсан хиралъиги загьирлъана. |
|
| 5 |
|
| Илагьияб РухІалдалъун цІидасан рижиги насиблъизабун ва цІияб гІумруги кьун, гьес нилъ рацІцІалъизариялдалъун хвасар гьаруна, нилъер ритІухъал ишазухъ балагьун гуреб, жиндирго гурхІелалдалъун. |
|
| 6 |
|
| Нилъ хвасар гьарурав ГІиса МасихІидалъун гьеб РухІ Аллагьас нилъеде гьарзаго чвахизабуна. |
|
| 7 |
|
| МасихІил баркаталдалъун нилъ Аллагьасда цере ритІухълъула, гьелдалъун нилъее абадияб гІумру насиблъиялде хьулги цІикІкІинабуна. |
|
| 8 |
|
| ХІакъал рагІаби руго гьел. Ва дие бокьун буго мун хасго гьезда тІадчІезе, Аллагьасде иман лъурал гІадамалги гьелдалъун лъикІал ишазде руссине. ГІадамазе лъикІлъиги пайдаги кьола гьел ишаз. |
|
| 9 |
|
| Амма умумузул сияхІалда тІасан гІантаб дагІбаялдасаги ва Къануналъул рахъалъ къацанди-бахІсаздасаги рикІкІад чІа. Гьезул я пайда гуро, я хайир гуро. |
|
| 10 |
|
| Рикьи ккезабугейилан кІиго нухалъ лъазабуниги кантІичІев чиясдасаги ватІалъун чІа, |
|
| 11 |
|
| дуда лъалелъул гьединав чи къосун вукІин. Мунагьал гІемерлъиялдалъун гьес жинцаго жиндиего хІукму къотІун буго. |
|
| 12 |
|
| Дица духъе Артема яги Тихик витІун вачІаравго, дида аскІове Никополалде гІедегІе мун, гьениб хасел тІамизе хІукму гьабун бугин дица. |
|
| 13 |
|
| Къанунчи Зенаги Аполлосги сапаралде ритІе ва нухда гьезие къваригІунебщинабги кье. |
|
| 14 |
|
| ЛъикІал ишазде ругьунлъизе риччанте нилъер гІадамал, цогидазул къварилъи бацІцІине ва жидерго ишазул гъотІода пихъги бижизе. |
|
| 15 |
|
| Гьанир дида аскІор ругелщиназулги салам буго дуде. Божи-иманги цогоял нижги рокьулел гІадамазда салам бице. Нужеда киназдаго баркат лъеги. |
|
|
|
|