|
| 1 |
|
| Къанун — хІакъаб лъикІлъи гуро, гьеб ккола Аллагьасдасан бачІине бугеб лъикІлъиялъул рагІад. Щибаб лъагІалидаса лъагІалиде, хисиго гьечІого, цого тайпаялъул къурбанал гьарула Аллагьасе. Гьединал къурбаназдалъун Къануналда кІвелищ Аллагьасухъе рачІунел гІадамал камиллъизаризе? |
|
| 2 |
|
| Аллагьасе къурбанал гьарулел гІадамал хІакъикъаталдаги жидерго мунагьаздаса рацІцІалъулелани, тІокІалъ гьезул рекІелъе лъугьинароан жал мунагьалъукь ругилан абураб пикру. Гьебмехалда киналгІаги къурбаналги гьаричІого телаан. |
|
| 3 |
|
| Амма щибаб лъагІалидаса лъагІалиде къурбанал гьарула, гьелдалъун гІадамазда жидерго мунагьалги ракІалде щола. |
|
| 4 |
|
| Щайин абуни, бусбузулги дугІбузулги биялда кІоларо мунагьал чуризе. |
|
| 5 |
|
| Гьединлъидал, МасихІ дуниялалде вачІине кколеб заманалда, гьес Аллагьасда абуна: «Дуе рокьуларо къурбаналги сайигъаталги. Дуца къачІана дие черхги. |
|
| 6 |
|
| Дуе бокьуларо къурбан гьабулеб бакІалда тІад хІайванал тІубанго рухІиги, мунагьаздаса рацІцІалъизелъун гьел хъвейги. |
|
| 7 |
|
| Хадуб дица абуна: „Гьале, БетІергьан, дун вачІун вуго, дир хІакъалъулъ ТІухьдузда хъван бугеб куцалда дур амру тІубазабизе“». |
|
| 8 |
|
| Цин гьес абуна: «Дуе рокьуларо къурбаналги сайигъаталги» ва «Дуе бокьуларо къурбан гьабулеб бакІалда тІад хІайванал тІубанго рухІиги, гьединго мунагьаздаса рацІцІалъизелъун гьел хъвейги». Гьес гьедин абуна гьел къурбаназул хІакъалъулъ Къануналда хъван бугониги. |
|
| 9 |
|
| Цинги абуна гьес: «Гьале, БетІергьан, дун вачІун вуго дур амру тІубазабизе». Гьедин цебехун абураб МасихІица добегІан толеб буго, кІиабизе абурабги гьелъул бакІалда лъолеб буго. |
|
| 10 |
|
| ГІиса МасихІица Аллагьасул амру тІубазабидал, нилъ киналго мунагьаздаса рацІцІалъана, киназего гІоло цохІо нухалъ гьес жиндирго черх къурбанлъун гьаби сабаблъун. |
|
| 11 |
|
| Щивав кашишас щибаб къоялъ Аллагьасе хъулухъ гьабула ва цоцазда релълъарал, амма жидедалъун мунагьал чуруларел къурбаналги гІемер гьарула. |
|
| 12 |
|
| МасихІицани цохІо нухалъ гьабуна абадиялъго мунагьал чуризе кІолеб къурбан, Аллагьасул кваранаб рахъалда гІодовги чІана. |
|
| 13 |
|
| Гьев гьенив вукІуна Аллагьас «гьесул тушбаби гьесул хІатІал лъураб бакІалда цере чІезаризегІан». |
|
| 14 |
|
| Гьедин цохІо къурбаналдалъун гьес абадул-абадиялъего камиллъизаруна жинцаго мунагьаздаса рацІцІалъизарурал гІадамал. |
|
| 15 |
|
| Илагьияб РухІалъги нугІлъи гьабула гьелъие. Цин, гьелъ абулеб буго: |
|
| 16 |
|
| «Гьале бачІунеб заманалда дица гьезулгун гьабизе бугеб КъотІи, — ян абулеб буго БетІергьанас. — Дица дирго амруял гьезул гІакълуялъулъе лъугьинарила. Гьезул ракІазда хъвала дица гьел». |
|
| 17 |
|
| Цинги абулеб буго: «Гьезул мунагьги гъалатІ-хатІаги тІокІаб ракІалде щвезабиларо». |
|
| 18 |
|
| Аллагь мунагьазда тІасалъугьунев вугони, гьездаса рацІцІалъизе гІоло гьарулел къурбанал тІокІалъ къваригІунаро. |
|
| 19 |
|
| Гьединлъидал, вацал, ГІисал би гІодобе тІей сабаблъун, махІги хІинкъичІого лъугьине бегьула нилъ Бищунго Мукъадасаб бакІалда жанире. |
|
| 20 |
|
| Гьелъул пардавалда гьоркьосан гьес нилъеда бихьизабуна абадияб гІумруялде рачунеб цІияб нух. Гьеб пардав ккола гьесул черх. |
|
| 21 |
|
| Аллагьасул минаялъуб хъулухъ гьабизе тІамурав чилъун гьединав бищунго кІудияв кашиш вугелъулин, |
|
| 22 |
|
| ракІ-ракІалъулаб ва щулияб божи-имангун, намусалдаса хъубаб тІанкІги бацІцІад гьабун ва бацІцІадаб лъадаца чурхдулги чурун, нилъ Аллагьасде гІагарлъулел ругел. |
|
| 23 |
|
| Щулаго кквелин нилъеца гьеб нилъ божун ругеб хьул, — нилъее рагІи кьурав Аллагьасда божизе бегьулелъулха. |
|
| 24 |
|
| ХІаракат бахъилин цоцаздехун рекІелъ рокьи цІунизе ва цоцазе лъикІлъи гьабизе. |
|
| 25 |
|
| Цо-цояз рехун толеб гІадин, нилъеца рехун теларин цоцазда аскІоре данделъулеб гІадат. ТІадегІанав вачІунеб Къо гІагарлъулеб букІин бихьанагІан, цІикІкІун ракІбатизабилин цоцазул. |
|
| 26 |
|
| ХІакъабщинаб лъан хадубги бокьун-разилъун нилъеца мунагьал гьаруни, гьел нилъеда тІаса ккезарулел къурбанал рукІунареблъи лъай. |
|
| 27 |
|
| Амма Аллагьасда дандечІаразе гІасияб тамихІ букІине буго, гьел кІкІунеб цІадул бухІиги цІикІкІараб буго. |
|
| 28 |
|
| Мусал Къанун цІуничІого такъсир гьабурав чи расги гурхІичІого чІвала, кІиго яги лъабго чиясул нугІлъи бугони. |
|
| 29 |
|
| Аллагьасул вас гІад-хочІ гьавурав чиясе кинаб тамихІдай букІина? Жив мунагьалдаса вацІцІад гьавураб ва илагьияб КъотІи щулалъизабураб бидул багьа учузлъизабурасе кинабдай букІина? Илагьияб РухІалдасан бачІунеб баркат инжит-хІакъир гьабулесе кинабдай букІина? Нужецаго пикру гьабе гьединал такъсиразухъ тамихІ кигІан цІикІкІараб букІинебали! |
|
| 30 |
|
| Нилъеда лъала Аллагьас гьадин абураблъи: «Дицайин къисас босулеб, дир ишин гьеб рецІел боси», цогиги: «БетІергьанас жиндирго халкъалъе суд гьабила». |
|
| 31 |
|
| ЦІакъ хІинкъизе ккараб иш буго хІакъав Аллагьасда цеве чІей! |
|
| 32 |
|
| Цебесеб заман ракІалде щвезабе: Аллагьасул Нур нужеда тІад къалъарал къоязда гІемераб гІазаб-гІакъуба баччана нужеца. |
|
| 33 |
|
| Цо заман букІана нуж халкъалда цере рачун инжит-хІакъир гьарулеб. Цоги заман букІана гьедин гІазабалда ругезул нужеца тІалаб гьабулеб. |
|
| 34 |
|
| Туснахъалда ругездаги гурхІана. Нужер боцІи-бечелъи бикъа-хъамулеб мехалъги роха-хинлъун рукІана. Нужеда лъалеб букІиндалха кодоса бахъизе кІолареб, цІакъго лъикІаб бечелъи нужер бугеблъи. |
|
| 35 |
|
| Гьединаб ракІчІеялдаса махІрумлъизе рукІунге, гьелдалъун нужее кІудияб кири щола. |
|
| 36 |
|
| Нужее сабру къваригІуна Аллагьасул амру тІубазабизе, нужеца сабру гьабе гьес кьураб рагІи тІубазегІанги. |
|
| 37 |
|
| ТІухьдузда хъван буго: «Цодагьабго заман индал вачІина дов вачІине кколев чи. Гьев кватІизе гьечІо. |
|
| 38 |
|
| Дие ритІухъавщинав чи, дида божун чІани, чІаго хутІила. Гьев нахъе къачІони, дун гьесдаса разилъила». |
|
| 39 |
|
| Нахъе къалел ва нухдаса тарулел чагІи гуро нилъ. Нилъер рекІелъ божи-иман буго, нилъ хвасарлъизеги руго. |
|
|
|
|