|
| 1 |
|
| Божи-иман ккола нилъеца хьул гьабулелда ракІчІей ва нилъеда бихьулареб жо хІакъаб букІин чІезабиги. |
|
| 2 |
|
| Цебе заманалдаги божи-иман бугел гІадамаздасайин Аллагь разилъулев вукІарав. |
|
| 3 |
|
| Божи-иманалдалъунин нилъеда бичІчІулеб гьаб дуниял Аллагьасул рагІудалъун бижараб букІин, гьедин бихьуларелдасан бихьулебаб лъугьун букІин. |
|
| 4 |
|
| Божи-иманалъин Гьабилида малъараб Аллагьасе кьезе Къабилилалдаса лъикІаб къурбан. Гьесулъ божи-иман букІиналъин ритІухъав чи вугилан Аллагь гьесдаса разилъарав, Аллагьас жинцаго къабул гьабуна гьесул къурбанги. Гьев хвана, амма божи-иманалдалъун гьес гьабураб иш гьанжеги нилъедехун кІалъалеб буго. |
|
| 5 |
|
| Божи-иман рекІелъ букІиндалин, хвел бихьизе биччачІого, Аллагьас Гьенох зобалазде восарав. Гьев тІагІанин, Аллагьас гьев жиндихъего вачанин, Аллагьас жиндихъего вачиналде, Аллагьасе бокьухъе тІамунин гьес гІумруйилан хъван буго. |
|
| 6 |
|
| Божи-иман гьечІони, лъиданиги кІоларо Аллагьасе бокьараб гьабизе. Аллагьасухъе вачІунев чи божизе ккола Аллагь вукІиналда ва жив валагьизе лъугьарасе гьесдасан шапакъат щолеблъиялда. |
|
| 7 |
|
| Божи-иман рекІелъ букІиндалин, жеги рихьизе рес гьечІел лъугьа-бахъинал ккезе ругилан лъазабураб мехалъ, НухІ авараг Аллагьасухъ гІенеккарав ва жиндирго рукъалъул агьлу хвасарлъизе гама гьабураб. НухІил божи-иманалдалъун загьирлъана дуниял-гІаламалъулго гІайиб, живгойин абуни Аллагьасда цеве ритІухълъана. Божи-иманалдалъун насиблъана гьесие гьеб. |
|
| 8 |
|
| Божи-иман рекІелъ букІиндалин, Ибрагьим Аллагьасе мутІигІлъарав, гьесие ирсалъе щвезе кколеб ракьалде айилан ахІараб мехалда. Киве унев вугевали лъачІониги, ана гьев. |
|
| 9 |
|
| Божи-иман рекІелъ букІунин гьес апараглъун яшав гьабураб, Аллагьас жиндие кьезе къотІи гьабураб ракьалда. Гьесдаго цадахъ Аллагьас жидее къотІи гьабурал ИсхІакъицаги Якъубицаги гІадин, чадразухъ чІун гьабуна гьес гІумру. |
|
| 10 |
|
| Гьев балагьун чІун вукІана Аллагьас щулияб кьучІалда тІад къадал гьарун жиндие абадияб шагьар кьезегІан. |
|
| 11 |
|
| Божи-иман рекІелъ букІиндалин, Ибрагьимие, цІакъго херлъун вугониги, эменлъун вахъине рес ккараб. Саратги йикІана лъимер гьабулеб гІужалдаса арай гІадан. Гьев божана Аллагьас кьураб рагІи тІубазе букІиналда. |
|
| 12 |
|
| Гьедин хабалъе бох бортарав цохІо чиясдасан лъугьана цІакъ гІемерал наслаби, — зодихъ цІваби рикІкІун бажарулареб гІадин, ралъдал рагІалда сали рикІкІун бажарулареб гІадин, рикІкІун бажаруларел наслаби. |
|
| 13 |
|
| Гьел киналго гІадамал хвана Аллагьасде божи-имангун. Гьезие щун букІинчІо Аллагьас къотІи гьабураб жо, амма рикІкІадасанго гІадин бихьулеб букІана къотІи тІубазе бугеблъи ва гьелдаса рохулаан. Гьаб дуниялалда гьез жалго рикІкІунаан апарагзабилъун ва къватІире гъурал гІадамаллъун. |
|
| 14 |
|
| Гьедин жидерго рахъалъ абулеб бугони, гьелъул магІна ккола гьел гІадамаз жидеего ватІан балагьулеб букІин. |
|
| 15 |
|
| Жидеца рехун тараб улкаялъухъ урхъун гьел рукІаралани, доре тІадруссине рес ккелаан гьезие. |
|
| 16 |
|
| Амма гьел урхъун рукІана зобалазда бугеб цІакъго лъикІаб улкаялъухъ. Гьединлъидал Аллагь намуслъуларо жив гьезул Аллагь вугилан абизе. Гьес гьезие шагьар бан буго. |
|
| 17 |
|
| Божи-иман рекІелъ букІиндалин, Аллагьас жиндир хІалбихьараб мехалда, жиндирго вас ИсхІакъ Ибрагьимица къурбаналъе хъвезехъин вукІарав. Ибрагьим вукІана Аллагьас жиндие къотІи гьабурав чи. Амма цохІо вугев вас къурбаналъе хъвезе къачІан вукІана гьев. |
|
| 18 |
|
| Аллагьас гьесда абуна: «Дур наслу ИсхІакъидасан лъугьинейин бугеб». |
|
| 19 |
|
| Ибрагьим божун вукІана Аллагьасда хваралги чІаголъизаризе кІолеблъиялда. Абизе бегьула, хІакъикъаталдаги хваралъуса вахъинавун нахъе щванин гьесие жиндирго вас абун. |
|
| 20 |
|
| Божи-иман рекІелъ букІиндалин ИсхІакъица гьарараб хадубккун заманалда Якъубидаги ГІисидаги баркат лъегийилан. |
|
| 21 |
|
| Божи-иман рекІелъ букІиндалин живго хвелалде Якъубица гьарараб Юсупил кІиявго васасда баркат лъегиян. ГІонсоде ккун херлъун вугеб мехалда Аллагьасе рецц гьабуна гьес. |
|
| 22 |
|
| Божи-иман рекІелъ букІиндалин живго хвелалде цебе Юсупица бицараб Исраилил халкъ цо заманалдасан Мисриялдаса къватІибе лъугьине бугилан. Цинги гьес бицун тана жиндир жаназаялда щиб гьабилебалиги. |
|
| 23 |
|
| Божи-иман рекІелъ букІиндалин, гьавуралдаса лъабго моцІ инегІан, эбел-инсуца Муса вахчарав. ЦІакъго гьайбатав вас гьев вукІин бихьидал, гьел хІинкъичІо пиргІавнасул амру тІубазабичІого тезе. |
|
| 24 |
|
| Божи-иман рекІелъ букІиндалин кІудияв гІураб мехалъ Мусае бокьичІеб пиргІавнасул ясалъул вас вугин живилан абизе. |
|
| 25 |
|
| Гьесул рекІее къабуллъана, панадуниялалъул мунагь-хІакъ гІемераб рохелалдаса инкарги гьабун, Аллагьас тІаса бищараб халкъалда цадахъ гІазаб-гІакъуба хІехьезе. |
|
| 26 |
|
| Гьес рикІкІана Мисриялъул тІолабго хазинаялдасаги хирияб бугин Аллагьас витІизе вугев МасихІие гІоло гІазаб-гІакъуба хІехьей. Щайин абуни, гьесул рекІелъ букІана шапакъат щвеялде хьул. |
|
| 27 |
|
| Божи-иман рекІелъ букІиндалин, пиргІавнасул ццидадаса хІинкъичІого, Мусаца Мисри рехун тараб. Дов Вихьуларев жинда вихьулев вугев гІадин, къуркьизе-кьуризе бокьичІо гьесие. |
|
| 28 |
|
| Божи-иман рекІелъ букІиндалин гьес Пасхаялъул байрам чІезабураб ва щибаб рукъалъул рагьумахІуялда бидул гІужги гьабураб, — Исраилил халкъалъул хъизаназе тІоцере гьарурал васазул рухІ хвалил малаикас бахъичІого букІине. |
|
| 29 |
|
| Божи-иман рекІелъ букІиндалин Исраилил халкъалда, бакъвараб нухдасан унел ругел гІадин, БагІараб ралъад бахине кІвараб. Мисриялъулалги лъугьана гьенисан инейилан, амма ралъдалъ гъанкъун хвана. |
|
| 30 |
|
| Божи-иманалъ риххизаруна Иерихоналъул щулиял къадал, исраилилал анкьго къоялъ гьеб шагьаралда сверун хьвадараб заманалда. |
|
| 31 |
|
| Божи-иман рекІелъ букІиндалин Рагьаб абулей хъахІба дол Аллагьасе мукІурлъичІезда цадахъ хвечІого хутІарай. Гьелъ лъикІаб гьоболлъи гьабуна балъго Иерихоналде рачІарал исраилилазе. |
|
| 32 |
|
| Дагьабги бицине ккелищ? Дир заман гІеларо Гидеонил, Баракил, Шамшунил, Ифтахил, Давудил, Шамуилил, киналго аварагзабазул хІакъалъулъ бицине. |
|
| 33 |
|
| Божи-иманалдалъун улкаби кверде росана гьез, ритІухъаб суд гьабуна, Аллагьас къотІи гьабурабги щвана, гъалбацІазул кІалдиса давла бахъана, |
|
| 34 |
|
| гьалагал цІаял свинаруна, хвалчадул балалдаса хвасарлъана, загІипал рукІаниги, къуваталлъун лъугьана; чияр улкабазул боял къезарун, рагъда бахІарчилъи бихьизабуна. |
|
| 35 |
|
| Божи-иман рекІелъ букІиндалин хварал гІагарал чагІи руччабазухъе нахъе щварал. ЛъикІаб гІумру бачІараб мехалъ чІаголъизе бокьун, цо-цояз инкар гьабулаан эркенлъи-тархъанлъиялдаса, гІазаб-гІакъуба хІехьон холаан гьел. |
|
| 36 |
|
| Цо-цоязе кутакаб къварилъи гьабулеб букІана, цІалаца рухулел рукІана; цо-цоялин абуни, маххалги ран, гвандинир тІамулел рукІана. |
|
| 37 |
|
| ГанчІал речІчІунги чІвана гьел, хъухъадироялъ кІийидеги хъухъана гьел, хвалчаца бутІрулги къотІана гьезул. ТІохьолги цІакилги ратІлилъ хьвадана гьел пакъирлъиги, къварилъиги, гІазаб-гІакъубаги хІехьезе ккарал гІадамал. |
|
| 38 |
|
| ТІолабго дуниял-гІаламалдаса хириял гІадамал гІицІал авлахъаздаги мугІруздаги тирулел хутІана, нохъазда ва ракьулъ рахъарал гвендазда жанир рахчун. |
|
| 39 |
|
| Божи-иман гьезул рекІелъ букІиндал Аллагь разилъана гьел киназдасаго. Амма жеги гьезие щвечІо Аллагьас къотІи гьабун букІараб жо. |
|
| 40 |
|
| Щайин абуни, нилъее даража цІикІкІиналъе, Аллагьас хІукму гьабун буго, — гьесие бокьун буго гІицІго нилъеда цадахъ гьел гІадамал камиллъизе. |
|
|
|
|