|
| 1 |
|
| Вацал гІадин цоцазе рокьулеб гІадат гІодобе рехуге нужеца. |
|
| 2 |
|
| Нухлулазе гьоболлъи гьабичІого тоге — жидедагоцин лъачІого цо-цояз малаикзаби ратана рокъоре рачун. |
|
| 3 |
|
| Туснахъалда ругелги кІочон тоге, нужго гьезда цадахъ гьенир рукІарал гІадин. Унта-щокълъиялъ гІазаб кьолеб бугелги кІочон тоге, нужго гьелъ кІвекІулел ругел гІадин. |
|
| 4 |
|
| Киназго адаб гьабизе ккола ригьнал. Рос-лъадиги цоцазе хилиплъизе бегьуларо. Саяхъаб ва хъахІбаяб умматалъе Аллагьас гьабила суд. |
|
| 5 |
|
| ГІарцуде бугеб рокьиялъул лагъзаллъун лъугьине гурин, бугелда разилъун чІа. Аллагьасги абун бугелъул: «Киданиги дица мун рехун теларо ва гІодов ккезеги виччаларо». |
|
| 6 |
|
| Гьединлъидал нилъеца расги хІинкъичІого абизе бегьула: «БетІергьанас дие квербакъула, Дун сундасаниги хІинкъуларо». |
|
| 7 |
|
| Нужеда Аллагьасул рагІи малъарал ва бетІерлъи гьабулел гІадамал ракІалде щвезаре. Гьезул гІумруялъулги хвалилги пикру гьабе ва гьезул божи-иманалдаса мисал босе. |
|
| 8 |
|
| Сонги, жакъаги, абадул-абадиялъги хиси гьечІев вуго ГІиса МасихІ! |
|
| 9 |
|
| БатІи-батІиял чияр гІелмабаз нужго къосинаризе риччаге. Аллагьасул баркаталдалъун нужер ракІал къвакІизаруни, лъикІ букІина. Кванил рахъалъ батІи-батІиял рихьизариял тІуразаризе малъулел ва лъиениги пайда бахинчІел гІелмабаз ракІал къвакІизаруларо. |
|
| 10 |
|
| Нилъеца къурбаналъе къачІараб бакІалдаса гьан кваназе бегьуларо жугьутІазул къурбан хъолеб бакІалъул кашишзабазе. |
|
| 11 |
|
| Бищунго кІудияв кашишас би босун уна Бищунго Мукъадасаб бакІалде — мунагьал чуризелъун гьеб Аллагьасе кьезе. Гьел хІайваназул къулагІаби росдадаса яги шагьаралдаса къватІирехун рухІула. |
|
| 12 |
|
| Гьединго ГІисаги хвана шагьаралдаса къватІивехун, жиндирго биялдалъун гІадамазул мунагьал чуризе. |
|
| 13 |
|
| Гьединлъидал гьесда хадур къватІирехун рилълъинин нилъги, гьес хІехьараб инжитлъи-хІакъирлъиялъул бутІа щвезе! |
|
| 14 |
|
| Гьаб ракьалда гьечІо нилъ кидаго чІолеб шагьар. Нилъер хьул буго зобалаздасан рещтІине бугеб шагьаралде рорчІилилан. |
|
| 15 |
|
| ГІисал цІар рехсон Аллагьасе рецц гьабилин, — гьеб буго нилъер къурбан. Гьеб къурбан Аллагьасухъе щола щибаб нухалъ ГІисал цІар рехсараб кІалдисан. |
|
| 16 |
|
| Цоцазе лъикІлъи гьабичІого тоге, нужер бугебги цоцазе кье, — гьебги Аллагь разилъулеб къурбанин кколеб. |
|
| 17 |
|
| Нужер жамагІатазе бетІерлъи гьабулезухъ гІинтІаме ва гьезие мутІигІлъе, кидаго рорчІуда чІун нужер рухІал цІунула гьез ва Аллагьасе гьабураб хъулухъалъул жавабги кьола. Биччанте гьез гьеб, угьдилаго-зигардилаго гуреб (гьелъул нужее пайда гьечІо), рохуца холаго гьабизе. |
|
| 18 |
|
| Нижги дугІадулъ рехсе. Нижер ракІчІун буго нижер намус бацІцІад букІиналда. Кидагоги ритІухъго хьвадизелъидал ниж къеркьолел ругел. |
|
| 19 |
|
| Дица кутакалда гьарулеб буго нужеда, Аллагьасда гьарейин хехгого дун гьанжеги нужехъе витІейилан. |
|
| 20 |
|
| Абадияб КъотІиялъул биялдалъун нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ, гІиял рехъеналъул кІудияв вехь, хваралъуса вахъинавурав ва рекъел рещтІинабурав Аллагьас нужее |
|
| 21 |
|
| щвезабеги гьесул амру тІубазе къваригІунебщинаб лъикІлъи. ГІиса МасихІица квербакъаги нужее Аллагь разилъулебщинаб тІубазабизе. МасихІие абадияб-даимаб рецц! Амин. |
|
| 22 |
|
| Дица нужеда гьарулеб буго, вацал, гьаб дир гІемерго халалъичІеб кагътида хъвараб насихІаталъухъ сабурго гІенеккеян. |
|
| 23 |
|
| Нилъер вац Тимофей туснахъалдаса къватІиве виччан вуго. Хехгого гьаниве щвани, гьевги цадахъ вачина нужехъе вачІунеб мехалъ. |
|
| 24 |
|
| Салам бице нужер жамагІатазе бетІерлъи гьабулезда ва тІолабго Аллагьасул халкъалда. Италиялдаса вацазулги буго нужеде салам. |
|
| 25 |
|
| Аллагьасул баркат лъеги нужеда киназдаго. |
|
|
|
|