×

Библия Инжил Магӏарул 2008

ЖугьутӀазухъе 5

1
Щивав бищунго кІудияв кашиш гІадамазда гьоркьоса вищула, Аллагьасда цеве гьезул вакиллъун вукІине, гьезул мунагьал чуриялъе къурбаналги сайигъаталги гьаризе.
2
Инсан вугелъул, гьесулъ загІиплъи камуларо, гьесда ричІчІула жагьилалги къосун ккаралги.
3
Гьединлъидал гьесда тІадаб буго халкъалъул мунагьазе гІоло гуребги, жиндирго мунагьазе гІологи къурбан гьабизе.
4
Живго лъикІав лъугьун бищунго кІудияв кашишлъун вахъунаро щивниги, — Гьарун гІадин, Аллагьас тІаса вищарав чи гурони.
5
Гьединго живго лъикІав лъугьун гуро МасихІги бищунго кІудияв кашишлъун вахъун машгьурлъарав. «Мун дир Вас вуго. Жакъа дун дур Эменлъун лъугьана», — ян гьесда абурав Аллагьасин гьев тарав.
6
Цогидаб бакІалда гьес абулеб буго: «Мун вуго абадул-абадиялъего кашиш, Мелкицедекги кашишлъун вукІарав гІадин».
7
Гьаб ракьалда гІумру гьабун вукІараб мехалда, ГІисаца дугІаби гьаруна ва гьев гІек-гІекун гІодана жив хвалдаса хвасар гьавизе кІолев Аллагьасда цеве чІун. Аллагьасе мутІигІав вукІиндал, гьесул дугІа къабул гьабуна.
8
Аллагьасул Вас вукІаниги, гІазаб-гІакъуба хІехьон, мутІигІлъизе ругьунлъана гьев.
9
Камиллъараб мехалда гьев лъугьана жиндихъ гІенеккаразе насиблъулеб абадияб хвасарлъиялъул иццлъун.
10
Аллагьас гьев тІамуна бищунго кІудияв кашишлъун, Мелкицедекги кашишлъун вукІарав гІадин.
11
Гьелъул хІакъалъулъ бицине жо гІемер буго нижер, амма бичІчІизабизе захІмалъила, бичІчІизе нуж хІинцал ругелъул.
12
Гьанжени нужго рукІине кколаан мугІалимзабилъун, амма, цебего гІадин, нужее къваригІунев вуго Аллагьасул рагІиялъул аслу-кьучІ цІидасан бичІчІизабулев чи. КъвакІараб квен кваназе кІолеб гьечІо нужеда, рахьги гьекъон чІолел руго.
13
Рахь гьекъон чІолев чи лъимералда релълъуна, битІарабги тІекъабги батІа гьабизе лъаларо гьесда.
14
КъвакІараб квен данде ккола балугълъи-камиллъи щваразе, бихьун-лъан лъикІабги квешабги батІа бахъизе кІолезе.
Avar Bible 2008
Библия таржама гьабиялъул институт Москва 2008
:
Сохранить Заметки