|
| 1 |
|
| МасихІил хІакъалъулъ рагІул тІоцересел дарсалги нахъа тун, рачІа нилъ церехун инин балугълъи-камиллъи щваразул гІелмуялде. ЦІидасан кьучІ тІамун щай нилъее? ЦІидасан бицинарин тавбуялъулги, хвалде рачунел ишал рехун теялъулги, Аллагьасда божиялъулги, |
|
| 2 |
|
| лъадалъ ччун рахъиялъулги, дугІаги гьабун тІад квер лъеялъулги, хваралъуса рахъиналъулги, Аллагьас абадиялъего гьабураб хІукмуялъулги. |
|
| 3 |
|
| Бичас биччани, нилъ церехун ина! |
|
| 4 |
|
| Божи-иманалдаса ратІалъун ругел чагІи тавбуялде рачине кІолелищ? Цере гьел рукІана Аллагьасул Нуралъулъ, гьезие щвана зобалазул сайигъат ва, цогидазего гІадин, Илагьияб РухІалдасан гьунарги щвана. |
|
| 5 |
|
| ХІалбихьун лъана гьезда Аллагьасул рагІиялъул лъикІлъи, лъана тІаде щвезе бугеб Аллагьасул ПарччахІлъиялъул къуват-гуч. |
|
| 6 |
|
| Кин гьел ритІун ккезарилел, божи-иманалдаса ратІалъун ругони? Гьез цІидасан хъанчида валев вуго, инжит-хІакъир гьавулев вуго Аллагьасул Вас! |
|
| 7 |
|
| Ризго рарал цІадазул регьел гъорлъ цІикІкІараб ракьалъ лъикІаб бачІин кьола хурухъабазе. Гьединаб ракьалда Аллагьасул баркат лъола. |
|
| 8 |
|
| Амма гьеб ракьалда заз-хъарахъ гурони бижулеб гьечІони, гьелдаса пайда бахунаро, Аллагьасул нагІана насиблъиялъул хІинкъи букІуна гьелъие. Ахирги цІа гъун бухІула гьединаб ракьалда бижарабщинаб. |
|
| 9 |
|
| Амма нижеца гьедин абулеб бугониги, дир хириял вацал, нижер ракІчІола нуж гьединал чагІи ратиларин, нужеда дагьабги цІикІкІараб баркат лъелин ва гьелъ нужги хвасар гьарилин. |
|
| 10 |
|
| Аллагь ритІухъав вуго. Иман лъурал вацазул нужеца цебего гІадин гьанжеги тІалаб гьабулеб буго. Гьеб жив вокьун нужеца гьабулеб бугеб иш кІочон толаро Аллагьасда. |
|
| 11 |
|
| Нижее бокьун буго нужер щивав чиясул хІаракатги тавакалги ахиралде щвезегІан чучлъунгутІизе, Аллагьасде лъураб хьулги тІубазе. |
|
| 12 |
|
| Нуж кІвахІаллъуге. Божи-иманги сабруги бугелъул, Аллагьас къотІи гьабураб жо жидее щолел гІадамаздаса мисал босе. |
|
| 13 |
|
| Ибрагьим аварагасе къотІи гьабулеб мехалъ, цІар рехсон гьедизе жиндаса тІадегІанав вукІунарелъул, жиндирго цІаралдалъун гьедана Аллагь. |
|
| 14 |
|
| Гьес абуна: «Дица дуде баркат рещтІинабила! Дица дуе наслаби кьела». |
|
| 15 |
|
| Цинги, сабру гьабун чІедал, Ибрагьимие щвана жиндие къотІи гьабураб жо. |
|
| 16 |
|
| ГІадамал гьедула жидедаса гІемерго тІадегІанаб жо рехсон. Гьедин, гьа гьедун лъугІизабула кинабгоги дагІба-къец. |
|
| 17 |
|
| Жиндир ният-къасдалдаса киданиги къуркьунгутІи-кьурунгутІи жидее къотІи гьабурал гІадамазда бихьизабизе бокьараб мехалъ, жинцаго кьураб рагІи щулалъизе гьаги гьедана Аллагьас. |
|
| 18 |
|
| Аллагьасул гьереси букІунарелъул, киданиги хисулареб кІиго жо буго — кьураб рагІиги гьаги. Гьединлъидал кІанцІизе бакІ Аллагьасда аскІоб батарал нилъер ракІчІей цІикІкІана хьул лъураб щвезе букІиналда. |
|
| 19 |
|
| Гьеб хьул нилъер рекІее буго щулияб ва кьури гьечІеб хІубилъун. Нилъер хьул лъолев ГІиса Мукъадасаб БакІалъул пардав бахун жанивехун лъугьуна. |
|
| 20 |
|
| Нилъее гІоло ГІиса нилъедаса цеве гьениве жаниве лъугьана ва абадул-абадиялъего кашишлъунги лъугьана, Мелкицедекги кашишлъун вукІарав гІадин. |
|
|
|
|