|
| 1 |
|
| Гьале нижее гьанже абизе бокьараб жо: Къудратав Аллагьасул тахалъул кваранаб рахъалда зобалазда гІодов чІарав бищунго кІудияв кашиш вуго нилъер. |
|
| 2 |
|
| Бищунго кІудияв кашишас гІадин, ГІисаца хъулухъ гьабулеб буго, инсанас гуреб, БетІергьанас чІвараб унго-унгояб чадиралъуб бугеб Мукъадасаб бакІалда. |
|
| 3 |
|
| Бищунго кІудияв кашиш тІамула Аллагьасе къурбаналги сайигъаталги гьаризе. Нилъер бищунго кІудияв кашишасги гьединго цо щибниги жо къурбанлъун гьабизе кколеб букІана. |
|
| 4 |
|
| Гьев ракьалда вукІаравани, кашишлъунцин вукІинароан. Ракьалда ругелъул Къануналда рекъон Аллагьасе къурбанал гьарулел кашишзаби. |
|
| 5 |
|
| Гьез жаниб хъулухъ гьабулеб чадир ккола зобалазда бугеб мукъадасаб чадиралъул рагІадлъунги суратлъунги. Гьединго ккана Мусалги: Мусаца мукъадасаб чадир чІвазе кколеб букІараб мехалда, Аллагьас гьесда абуна: «Доба магІарда дуда бихьизабун букІараб зобалазул чадиралъул сураталда рекъон гьабе кинабго». |
|
| 6 |
|
| Гьале гьанже ГІисае щвана кашишлъиялъул хъулухъ, — цере рукІарал кашишзабазулалдаса гІемерго тІадегІанаб. Гьединго тІадегІанаб буго Аллагьасдаги гьесул халкъалдаги гьоркьоб ГІисадалъун лъугьараб КъотІи. ЛъикІабщиналъе кьураб рагІул кьучІалда гьабураб бугелъул, цІакъго лъикІаб КъотІи буго гьеб. |
|
| 7 |
|
| Доб тІоцебесеб къотІи камилаб букІарабани, кІиабизеги къотІи гьабизе ккелароан. |
|
| 8 |
|
| ГІадамазда гІайиб чІвазе гІилла ккедал, Аллагьас гьадин абуна: «ТІаде щолеб буго, — ян абулеб буго БетІергьанас, — Исраилил халкъалъулгун ва Ягьудал халкъалъулгун дица цІияб къотІи гьабулеб заман. |
|
| 9 |
|
| Доб къоялъ, квер ккун рачун, Мисриялдаса къватІире лъугьинарулаго, гьезул умумузулгун дица гьабун букІаралда релълъараб букІинаро гьеб КъотІи. Гьабураб КъотІиялъе ритІухълъи цІуничІелъул, дица гьел рехун тана», — ян абулеб буго Аллагьас. |
|
| 10 |
|
| «Гьале дица Исраилил халкъалъулгун хадусеб заманалъе КъотІи гьабулеб буго, — ян абулеб буго БетІергьанас. Дица дирго амруял гьезул гІакълуялъулъе лъугьинарила. Гьезул ракІазда хъвала дица гьел. Дун вукІина гьезул Аллагьлъун, Гьел рукІина дир халкълъун. |
|
| 11 |
|
| Гьезул лъицаниги мадугьаласе гІакълу кьеларо Ва диналъул вацасдаги лъицаниги абиларо: „Дурго БетІергьан щивали лъазаве“, — ян. ГІисиназдаги чІахІияздаги — киназдаго дун лъазе вугелъул! |
|
| 12 |
|
| Гьезул мунагьаздаса дун тІасалъугьина, гьезул гъалатІ-хатІаги тІокІаб ракІалде щвезабиларо». |
|
| 13 |
|
| ЦІияб КъотІиялъул бицунаго, Аллагьас доб тІоцебесеб КъотІи басралъизабулеб буго. Басралъарабщинабги херлъарабщинабги хехго хола, тІагІуна. |
|
|
|
|