|
| 1 |
|
| Я дир вацал, нилъер машгьурлъарав ТІадегІанасде — ГІиса МасихІиде иман лъурал нужеца чи ватІа гьавизе бегьуларо. |
|
| 2 |
|
| Масала, нужер данделъиялде вачІана лъикІго ретІа-къарав, меседил баргъичалги рарав чи ва басриябго ратІлилъ мискинчиги вачІана. |
|
| 3 |
|
| Нужеца адаб-хъатир гьабула чІухІараб ратІлилъ вугесул, гьале гьанив рахІаталда гІодов чІайилан абула гьесда. Мискинасда абула доле дова гІодов чІайилан яги гьанив дир хІатІазда цеве гІодов чІайилан. |
|
| 4 |
|
| Гьедин нужедаго гьоркьоб рикьи ккезабулеб гьечІищ нужеца? ЦІахъа-рахъай гьабулев къадиясда релълъунел гьечІищ нуж? |
|
| 5 |
|
| ГІенеккея, дир хириял вацал! ГІаламалъго мискиналлъун рикІкІунелал гурищ Аллагьас тІаса рищун ругел, иманалъ гьел бечелъизе ва жиндие рокьулезе рагІи кьураб ПарччахІлъи гьезие насиблъизе? |
|
| 6 |
|
| Нужецайин абуни мискинал рикІкІунел гьечІо! Бечедаз гуребищ нужеда тІад зулму гьабулеб бугеб? Гьез гурелищ нуж суд гьабулел рокъоре рехъерхъулел? |
|
| 7 |
|
| Гьез гуребищ какулеб нужеда лъураб лъикІаб цІар? |
|
| 8 |
|
| «Мунго гІадин вокьа дуе дуда аскІов вугевги», — ТІехьалда ругел амруязул парччахІлъун рикІкІунеб гьеб амру нужеца хІакъикъаталдаги тІубазабулеб бугони, гьеб лъикІаб иш буго. |
|
| 9 |
|
| Амма нужеца гІадамал ратІа гьарулел ругони, гьеб буго мунагь, ва, Къануналда рекъон, нуж ккола такъсирчагІи. |
|
| 10 |
|
| Къануналъул тІолалго рихьизариял цІунулел ругониги, амма цониги амруялдаса чи тарани, кинабго гІайиб гьесде тІаде ккола. |
|
| 11 |
|
| ХъахІбалъи гьабугейилан лъазабурас лъазабун буго чи чІвагейиланги. Масала, дуца хъахІбалъи гьабулеб гьечІо, амма чи чІвана, гьедин мун лъугьана къанун хвезабурав такъсирчилъун. |
|
| 12 |
|
| Инсанасе эркенлъи кьолеб къануналда рекъон Аллагьас жидее суд гьабизе бугел гІадамазда релълъун кІалъай ва хьваде. |
|
| 13 |
|
| ГурхІел гьечІесе Аллагьасул судалъулги гурхІел букІине гьечІо. РитІухъаб хІукмуялдасаги тІадегІанаб буго гурхІел! |
|
| 14 |
|
| Дица иман лъунилан абиялъул пайда щиб бугеб, вацал, лъикІал ишал гьарулел гьечІони? Гьединаб иманалъ хвасар гьавиладай гьев? |
|
| 15 |
|
| Нужер вацасул яги яцалъул тІад ретІине ретІел гьечІони, яги жакъаялде кваназе жо гьечІони, |
|
| 16 |
|
| масала, нужер цояс гьезие гІакълу кьола, рекере, хинлъизе айилан, кваназе айилан, амма гьезие къваригІараб кьоларо, — лъикІлъийищ гьес гьабулеб бугеб? |
|
| 17 |
|
| Гьедин, лъикІал ишал цадахъ гьечІеб иманалъул пайда букІунаро. |
|
| 18 |
|
| Цо лъицаниги абуни, цоясулъ божи-иман бугин, цогидас лъикІал ишал гьарулин, — дица абила лъикІал ишал гьечІеб божи-иман лъил бугебали дида бихьизабейилан; цинги дица дуда бихьизабила лъикІал ишазулъ бугеб дир божи-иман. |
|
| 19 |
|
| Аллагь цо вукІиналда божулевищ мун? ЦІакъ лъикІ! Амма жундулги божулагури хІинкъун сородилаго! |
|
| 20 |
|
| ЛъикІал ишал цадахъ гьечІеб иманалъул пайда букІунарилан чІезабилищ дуе, ле, бичІчІи гьечІев чи? |
|
| 21 |
|
| Къурбаналъе хъвезе жиндирго вас ИсхІакъ вегизавун вукІана нилъер эмен Ибрагьимица. Гьеб ишалъулъ гурищ Аллагьасда гьесул ритІухълъи бихьараб? |
|
| 22 |
|
| Бихьулищ — гьесул иманги ишги цолъун букІана, гьес гьарурал лъикІал ишаз квербакъана иман камиллъизе. |
|
| 23 |
|
| Гьедин ритІухълъана ТІехьалда бугеб гьадинаб калима: «Ибрагьим Аллагьасда божана, гьединлъидал гьес гьевги жиндие ритІухъав чилъун рикІкІана». Гьедин «Аллагьасул гьудул» абураб цІарги щвана Ибрагьимие. |
|
| 24 |
|
| Нужеда бихьулеб буго цохІо иманалъ гуребги, лъикІал ишазги инсан ритІухълъизавулев вукІин. |
|
| 25 |
|
| Тушманасул рахъалде цІех-рехалъе ритІарал рагъухъаби рокъоре рачана хъахІбалъиялдалъун бетІербахъи гьабулей йикІарай РахІабица ва гьеб шагьаралдаса къватІире рорчІизе нух бихьизабуна. Гьеб лъикІаб иш сабаблъун гьей гІадан Аллагьасда цее ритІухълъана. |
|
| 26 |
|
| РухІ гьечІони, чорхолъ чІаголъи букІунареб гІадин, лъикІал ишал цадахъ гьечІони, иманалъулги пайда букІунаро. |
|
|
|
|