|
| 1 |
|
| Нужеда гьоркьоб кьалги дагІба-рагІиги кин бижулеб? Чорхолъ бухъардилеб бугеб гьаваялъ гурищ гьел рижизарулел? |
|
| 2 |
|
| Нужее бокьун бугониги, кьолеб гьечІелъулин нужго нужецаго чІвалел ругел. ХъантІун руго нуж, мурадалдеги щолел гьечІо. ДагІбадулел руго, къацандулел руго, амма нужеца Аллагьасда гьарулеб гьечІелъул, пайда бахунеб гьечІо. |
|
| 3 |
|
| Гьараниги, кьолеб гьечІо, лъикІлъиялъе гурелъул гьарулеб бугеб, — нужерго гьаваялда нахърилълъун хвезабизелъидал гьарулеб бугеб. |
|
| 4 |
|
| Божизе бегьиялдаса ун руго нуж! Нужеда лъаларебищ дуниялалъул гьудул Аллагьасул тушман вугевлъи? Дуниялалъулгун гьудуллъи гьабизе бокьарав Аллагьасул тушманлъун лъугьуна. |
|
| 5 |
|
| «Нилъехъе рещтІараб РухІалъ тІалаб гьабулеб буго цохІо Аллагь вокьизе», — ян гІадада хъван бугин ТІехьалдайиланищ нужеда ракІалде кколеб? |
|
| 6 |
|
| Аллагьасул баркат цІикІкІунебго-цІикІкІунеб букІуна. «Аллагь чІухІаразда дандечІола, хІалимазда гьесул баркат лъола», — ян абиялъе гІиллаги гьеб буго. |
|
| 7 |
|
| Аллагьасде мутІигІлъе, илбисалда дандечІа, гьеб нужеда аскІоса лъутун ина гьебмехалъ. |
|
| 8 |
|
| Аллагьасде гІагарлъе, гьев нужедеги гІагарлъила. Нужго рацІцІад гьаре, ле мунагьчагІи! Ле цо хІал кколарел чагІи, нужерго ракІалги рацІцІад гьаре! |
|
| 9 |
|
| Гьабураб квешлъиялдаса ракІ бухІа, гІоде, чІчІичІчІиде! Нужер релъи гІодиялде буссине биччанте, нужер рохел пашманлъиялде буссине биччанте! |
|
| 10 |
|
| БетІергьанасде мутІигІлъе, гьес нуж тІадегІанлъизарила. |
|
| 11 |
|
| Цоцазда тІасан квешаб рагІи абуге, вацал. Вацасул хІакъалъулъ квешаб рагІи абурав яги гьесда гІайиб чІварав чияс Къануналъул хІакъалъулъги абила квешаб рагІи, Къануналда гІайиб чІвалеб бугони, мун вукІине ккола гьелдасаги тІадегІанавлъун, — мун вуго гьеб тІубазабизе кколев чи. |
|
| 12 |
|
| Къанун бахъаравги гьеб тІубазабизе тІамулевги цохІо Аллагь вуго. Гьесда кІола нилъ хвасарлъизаризеги хвалде рачинеги. Гьедин бугелъул, мунго гІадинасда гІайиб чІвазе ккани, мун щив чи? |
|
| 13 |
|
| «Жакъа-метер нилъ пуланаб шагьаралде ине къватІире рахъина, гьениб цо лъагІел бала, даран-базар гьабила ва нилъее хайир бахина», — ян абулел чагІи, гьанже нуж гІенекке дихъ! |
|
| 14 |
|
| Метер щиб нужее ккелебали лъаларо нужеда. Щиб жо кколеб нужер гІумру? ТІаде борхун бачІун цо дагьабго мехалдасан тІагІун унеб гІодобнакІкІалда релълъуна гьеб. |
|
| 15 |
|
| «Аллагьасе бокьани, чІагоги хутІани, пуланабги гьабила, пуланабги гьабила», — ян абуни лъикІаб букІина нужее. |
|
| 16 |
|
| Нужин абуни, нужедаго ракІги чІун, чІухІдарилел руго. Гьединаб чІухІи квешаб жо буго. |
|
| 17 |
|
| ЛъикІлъи кин гьабилебалиги лъалев, жинца гьебги гьабуларев чиясе мунагь букІуна. |
|
|
|
|