|
| 1 |
|
| Гьанже дихъ гІенекке нуж, бечедал чагІи! Нужеде бачІинехъин бугеб балагьги-гІазабги лъан, гІоде нуж, чІчІичІчІиде нуж! |
|
| 2 |
|
| Нужер бечелъи турун тІагІун буго, нужер ретІелги ицица кванан буго. |
|
| 3 |
|
| Нужер гІарац-меседалдаги кьаву чІван буго. Гьеб кьавуялъ нужеда данде нугІлъи гьабила ва, цІадуца гІадин, рухІила гьелъ нуж. Дуниял ахиралде ккараб мехалда бакІарана нужеца гьеб хазина! |
|
| 4 |
|
| Хур лъилъаралъухъ кьезе кколеб букІараб мухь нужеца кватІизе тедал, хІалтІухъабазул бо нужеда данде нугІлъиялъе бахъун буго. Гьезул ахІи Къудратав БетІергьанасда рагІун буго. |
|
| 5 |
|
| Дуниялалда нужер гІумру гьарзаяб букІана, гІумруялдаса нужеца лазат-кепги босана, — хъвезе хьихьана нужецаго нужго! |
|
| 6 |
|
| Нужеде данде квер борхичІев муъминчи, судги гьабун, чІвана нужеца. |
|
| 7 |
|
| Гьанже, вацал, ТІадегІанав тІадвуссун вачІинегІан сабруялда чІа. Гьедин чІола векьарухъан жиндирго хуриса гьесие цІакъ къиматаб-хирияб хІалухъен бачІинегІан. Ихдалилги хасалихълъиялъулги цІадал ран рахъинегІан сабруялда чІола гьев. |
|
| 8 |
|
| Нужецаги сабру гьабе, къвакІун чІа, ТІадегІанав вачІунеб заман гІагарлъулеб буго. |
|
| 9 |
|
| Нужее суд гьабичІого хутІизе цоцаздасан гІарзал гьаруге, вацал. Гьале, Судияв нуцІихъе щун вуго! |
|
| 10 |
|
| Аллагьасул цІаралдасан халкъалъе хабар бицарал аварагзабаздасан мисал босе: гьезда гІемераб гІазаб-гІакъуба бихьана ва кинабго кІудияб сабруялда хІехьана гьез. |
|
| 11 |
|
| Гьардарал гурищилан абула нилъеца гьединаб гІемераб жо хІехьезе ккарал гІадамазул рахъалъ. Аюб аварагас хІехьарабщиналъул хІакъалъулъ рагІанагури нужеда, ахирги Аллагьас кин гьеб бецІарабалиги лъала нужеда. ГурхІулевги рахІмуявги вугелъул Аллагь. |
|
| 12 |
|
| Вореги, дир вацал, зобалхІайилан, ракьалхІайилан ва цогидабги гьаялдалъун гьедаруге нуж. Уйилан абизе бокьани, уйилан абе, гурилан абизе бокьани, гурилан абе. Гьедарани — тамихІалъе мустахІикълъула нуж. |
|
| 13 |
|
| Къварид вугес дугІа гьабе, лъикІ вугес, Аллагь веццун туркаби ахІе. |
|
| 14 |
|
| Унтун вугес жиндихъего ахІе иман лъуразул агьлуялъул бутІрул. ТІадегІанав ГІисал цІар рехсон, дугІа гьабила гьез, зайтуналъул нах бахина. |
|
| 15 |
|
| Божи-имангун гьабураб дугІаялъ унтарав сахлъула, БетІергьанас гьев тІаде вахъинавула, мунагь бугони, гьелдасаги тІасалъугьуна. |
|
| 16 |
|
| Гьединлъидал нужерго мунагьал цоцазе рице, цоцаца дугІадулъги рехсе, нужго сахлъизе. ВацІцІадав муъминчиясул дугІаялда гІемераб жо гьабизе кІола. |
|
| 17 |
|
| Иляс авараг вукІана нилъго гІадав чи. ЦІад багегийилан гьес гьарараб мехалъ, лъабго лъагІелгун бащдалъ цІад бачІо ракьалде. |
|
| 18 |
|
| Цинги гьес цоги дугІа гьабуна, — зодисан рахІмат рещтІана ва хурги бачІана. |
|
| 19 |
|
| [19-20] Масала, хІакъабщиналдаса гьетІарав нужер чи цогидас битІараб нухде ккезавуна. Мекъаб нухдаса гьев витІун ккезавурас мунагь гьабурасул рухІ цІунулеблъи ва гІемерал мунагьалги чурулеллъи лъай, дир вацал, нужеда! |
|
|
|
|