|
| 1 |
|
| Гьанже кинабго квешлъиги, хІилла-рекІкІги, ххвелал гьариги, жахІда-хІусудги, мацІги рехун тун, |
|
| 2 |
|
| гьабсагІат гьабураб лъимер гІадин, нужги гІедегІе бацІцІадаб рухІанияб рахьдаца къеч буссинабизе, гьеб гьекъон нужго кІудиял гІезе ва хвасарлъизе. |
|
| 3 |
|
| БетІергьанасул рахІму-цІоб щибали лъайдалха нужеда! |
|
| 4 |
|
| Къадалъ лъезе ярагьунарилан гІадамаз нахъе рехараб, амма Аллагьас тІаса бищараб, къиматаб ва чІагояб ГанчІихъе рачІа нуж. |
|
| 5 |
|
| Нужгоги чІагоял ганчІаллъун ругелъул, нужгоги къадалъ лъун балеб буго мукъадасаб рукъ. Гьенир нуж рукІина Аллагьас тІаса рищарал кашишаллъун, ва ГІиса МасихІидалъун Аллагьас къабул гьарулел илагьиял къурбаналги кьела нужеца. |
|
| 6 |
|
| ТІехьалда буго: «Гьале дица Сионалда лъолеб буго тІаса бищараб, цололъ рекъолеб ва къиматаб гамачІ. Гьеб ганчІида божарав чиясул ракІбухІиларо». |
|
| 7 |
|
| Божи-иман бугел нужее къиматаб буго гьеб. Божуларезени — «Къадалъ лъезецин ярагьунарилан къадахъабаз нахъе рехараб гамачІ битІахъе цололъ лъун буго». |
|
| 8 |
|
| Цогиги: «ГІадамазул хІетІе тункулеб гьецІо ва гьел гІодор ккезе гьарулеб гамачІ». Аллагьасул каламалъухъ гІенеккуларелъулин гьезул хІетІе тункулеб, — гьединаб къадарлъидалха гьезие хъван букІараб. |
|
| 9 |
|
| Нуж руго тІаса бищараб агьлу — Зобалазул ПарччахІасул кашишзаби, мукъадасал гІадамал, Аллагьасул жиндирго халкъ. Гьес бецІлъиялдаса нуж жиндирго гьайбатаб нуралде ахІана жиндирго чІахІиял ишазул хІакъикъат тІибитІизабизе. |
|
| 10 |
|
| Цере нуж цо халкъ букІинчІо, гьанже нуж Аллагьасул халкъ ккола. Цебе нужеда цІоб лъун букІинчІо, гьанже нужеда цІоб лъун буго. |
|
| 11 |
|
| Гьаб дуниялалъул рокъор нуж нухлулалги апарагзабиги ругелъул, дица нужеда гьарула, хириял, нужер рухІалда данде багъулеб чорхол гьаваялдаса напс цІуне. |
|
| 12 |
|
| Мажусиязда гьоркьор цІакъго лъикІ хьвадизе ккола нуж, нужеца квешлъи гьабунилан гьез нужеда гІайиб чІвараб мехалъгицин, жидее лъикІлъи гурони гьабичІин нужецайилан мукІурлъун, ГІиса МасихІ ракьалде вачІараб къоялъ гьез Аллагьасе рецц гьабизе. |
|
| 13 |
|
| ТІадегІанасе гІоло мукІурлъе нуж инсанасдасан бугеб кверщелалъе — бищунго кІудияв вугелъул, къайсарасул амруги тІубазабе. |
|
| 14 |
|
| Квешлъи гьабулезе тамихІ гьабизе, лъикІлъи гьабулезе шапакъат кьезе гьес тІад тарал наибзабазеги мукІурлъе. |
|
| 15 |
|
| Аллагьасул амру буго лъикІал ишаздалъун нужеца гІабдалзабазул жагьилаб кІал къазабеян. |
|
| 16 |
|
| Эркенаб гІумру гьабе нужеца, амма гьеб эркенлъи квешлъиялъе хІалтІизабуге, — Аллагьасул лагъзаллъун рукІа. |
|
| 17 |
|
| Киназулго адаб-хІурмат гьабе, диналъул вацал рокьа, Аллагьасукьа хІинкъа ва къайсарасул къадру-къимат гьабе. |
|
| 18 |
|
| Гьединго нужги, лагъзал, нужерго бетІергьабазул адаб-хІурмат гьабун, гьезие мутІигІлъе, — гурхІарал-хІалимал гьел ругониги, хъачІал ругониги. |
|
| 19 |
|
| ГІайиб гьечІого тамихІалда гъоркье ккедал Аллагьги рекІелъ цІунун гІазаб-гІакъуба хІехьарасдаса Гьев разилъула. |
|
| 20 |
|
| Нужерго квешлъи сабаблъун рухулеб мехалъ гІакъуба хІехьонилан цІар щоларо. Амма лъикІлъи сабаблъун гІазаб-гІакъуба хІехьарасдаса Аллагь разилъула. |
|
| 21 |
|
| Нужее гІоло МасихІица гІазаб-гІакъубаги хІехьедал, нуж нахърилълъине мисалги бихьизабидал, гьесул нухдасан ине ккола нуж. |
|
| 22 |
|
| Гьесда цохІониги мунагь букІинчІо, гьересиги гьесул кІалдиб батичІо. |
|
| 23 |
|
| Инжит-къабихІ гьавулел рагІаби жинда абуниги, инжитаб-къабихІаб рагІи данде рехичІо гьес. ГІазаб-гІакъуба хІехьезе кканиги, бихьилин-рагІилин хІинкъиги кьечІо, ритІухъаб суд гьабулев Аллагьасул кверщаликье кьуна живго. |
|
| 24 |
|
| Нилъер мунагьал гьес жиндирго чорхолъ хъанчалда тІаде росун ана, мунагьазе нилъ хвараллъун рукІине, амма ритІухълъиялъе — чІагояллъун хутІизе. Гьесда лъурал ругъназдалъун нилъер чурхдул сахлъана. |
|
| 25 |
|
| АхІун риччарал чахъаби гІадин рукІарал нуж гьанже Вехьасда аскІоре тІадруссана, нужер рухІал цІунулесухъе рачІана. |
|
|
|
|