Библия Инжил Магӏарул 2008
|
| 1 |
| ГІиса МасихІлъун вукІиналда божаравщинав чи Аллагьасдасан лъугьарав вуго. Жинца гьавурав вокьулевщинасе жив гьавуравги вокьула. |
| 2 |
| Нилъее Аллагь вокьиялдалъунги ва гьесул амраби тІуразариялдалъунги лъала Аллагьасул лъималазде нилъер рокьи. |
| 3 |
| Аллагьасде рокьи кколелъулха гьесул амраби нилъеца тІуразари. Гьесул амраби захІматал гьечІо. |
| 4 |
| Аллагьасдасан лъугьаравщинав дуниялалдаса бергьуна! Дуниялалда тІад босараб бергьенлъи — гьеб ккола нилъер божи-иман. |
| 5 |
| ГІиса Аллагьасул Вас вукІиналда божарав чиясда гурони, цоги лъидаха кІвелеб дуниялалда тІад бергьенлъи босизе! |
| 6 |
| ГІиса МасихІин вачІарав лъимгун ва бигун, цохІо лъимгун гурев, лъимгун ва бигун вачІана гьев. Гьелъие РухІалъ нугІлъи гьабула, РухІ хІакъаб бугелъул. |
| 7 |
| Лъабго нугІги бугелъул: |
| 8 |
| РухІги, лъимги, биги. Гьеб лъабабгоги цойихъан руго. |
| 9 |
| ГІадамазул нугІлъицин нилъее гІолеб бугеб мехалда, Аллагьасул нугІлъи дагьабги кІудияб буго. Аллагьасул нугІлъиялъул магІна ккола жиндирго Васасул хІакъалъулъ гьес жинцаго нугІлъи гьабулеб букІин. |
| 10 |
| Аллагьасул Васасда божулесулъ жиндилъго буго гьеб нугІлъи. Аллагьасда божуларев чияс Аллагь гьереси гьавулев вуго, жиндирго Васасул хІакъалъулъ Аллагьас гьабураб нугІлъиялда гьев божичІелъул. |
| 11 |
| Аллагьас нилъее кьураб абадияб гІумруялъул хІакъалъулъги буго гьеб нугІлъи. Гьесул Васасулъин гьеб гІумру бугеб. |
| 12 |
| Аллагьасул Васгун цолъарав чиясе гІумру буго, гьевгун цолъичІесе гІумру гьечІо. |
| 13 |
| Аллагьасул Васасда божулел нужехъе дица гьаб хъвана нужее абадияб гІумру насиблъун бугеблъи лъан букІине. |
| 14 |
| Аллагьасда цебе нилъее хІинкъи гьечІолъи сундалъунха лъалеб? Гьесул изнуялдалъун нилъеца щиб гьараниги, гьесда гьеб рагІула. |
| 15 |
| Нилъеца гьарарабщинаб гьесда рагІулеб букІин нилъеда лъани, нилъеда лъала гьарарабщинаб гьесдасан щвезе букІинги. |
| 16 |
| Хвалде рачунеб хутІун, цогидаб мунагь вацас гьабулеб бихьани, гьесул рахъалъ дугІа гьабе, ва Аллагьас гьесие абадияб гІумру кьела. (Хвалде рачунебги буго мунагь; гьелъул рахъалъ дугІа гьабиялъул гуро дица бицунеб бугеб. |
| 17 |
| Кинабго квешлъи гьаби мунагь ккола, амма хвалде рачунареб мунагьги букІуна.) |
| 18 |
| Аллагьасдасан лъугьарас мунагь гьабулареблъи лъала нилъеда, Аллагьасул васас гьев цІунулелъул! Илбисалдаги кІоларо гьесда хъатІизе. |
| 19 |
| Нилъеда лъала нилъ Аллагьасдасан лъугьун ругеллъи ва тІолабго дуниялги илбисалъул кверщаликь бугеблъи. |
| 20 |
| Нилъеда лъала вачІун Аллагьасул Васас нилъее ХІакъав лъазе гІакълу кьураблъиги. Нилъги руго ХІакъавгун ва гьесул Вас ГІиса МасихІгун цолъун. Гьев вуго хІакъав Аллагь ва абадияб гІумру. |
| 21 |
| Гьересиаллагьзабаздаса цІуне, дир лъимал, нужго! |
|
| Сохранить Заметки |
https://beblia.bible:81/BibleAudio/avar/1john/005.mp3
5
5