×

Библия Инжил Магӏарул 2008

Иоанние Аллагьас 10

1
Цинги дида вихьана цогидав цІакъ кутакав малаик зобалаздасан рещтІунев; накІкІал рукІана гьесда тІад жемун, ботІрода тІад нурги чІун букІана, гьумер букІана бакъ гІадинаб, бохдул рукІана цІадул хІубал гІадинал.
2
Гьес рагьун хъатикь ккун букІана гьитІинабго тІехь. Кваранаб бох гьес ралъдада лъуна, квегІаб бох ракъдада лъуна.
3
ГъалбацІалъул гъулгъулиялда релълъараб кутакаб гьаракьалдалъун ахІдезе лъугьана гьев. Гьев ахІдолеб мехалда рагІана анкьго нухалда зоб гъугъараб гІадинаб гьаракь.
4
Анкьго нухалда зоб гъугъараб гІадинаб гьаракь рагІидал, гьеб хъвазейилан лъугьана дун. Амма зодисан ахІулеб рагІана: «Анкьго нухалда зоб гъугъаялдалъун дуда бицараб жо балъго те, гьеб хъваге дуца».
5
Ва ралъдадаги ракъдадаги чІун дида вихьарав малаикас жиндирго кваранаб квер зодобехун битІана.
6
Жив абадияв-даимасул, зобалги гьениб бугебщинабги, ракьги гьениб бугебщинабги, ралъадги гьениб бугебщинабги жинца бижарасул цІар рехсон гьев гьедана кватІичІого лъугІизе бугилан.
7
Анкьабилев малаикги ссуралъубе пуйзе лъугьина. Гьеб къоялъ лъугьина Аллагьас жиндирго лагъзадерида — аварагзабазда Рохалил хабар бицун лъазабун букІараб балъгояб иш.
8
Зодисан дида рагІун букІараб гьаракь гьанжеги дидехун кІалъана: «Ралъдадаги ракъдадаги чІарав малаикас рагьун хъатикь ккураб доб тІехь босизе а», — ян.
9
Малаикасда аскІове ун, дица гьесда абуна гьеб гьитІинаб тІехь дихъе кьейилан. Гьес дида абуна: «Босун кванай гьеб. Дур чохьониб гьеб кьогІлъила, амма дур кІалдиб гьеб гьоцІогІанги гьуинаб букІина»
10
Малаикасда кодоса босун, кванана гьеб гьитІинаб тІехь. Дир кІалдиб гьеб гьоцІогІанги гьуинаб букІана, амма чохьониб гьеб кьогІлъана.
11
Цинги дида абуна: «ГІемерал халкъазе, миллатазе, мацІазе ва парччахІзабазе хадубккун щиб лъугьине бугебали нахъе-нахъеги бицине ккезе буго дуца».
Avar Bible 2008
Библия таржама гьабиялъул институт Москва 2008
:
Сохранить Заметки