|
| 1 |
|
| Ва зобалазда загьирлъана кІудияб гІаламат — бакъ тІад ретІарай, моцІ хІатІикь бугей чІужугІадан. Гьелъул ботІрода букІана анцІила кІиго цІвайил таж. |
|
| 2 |
|
| Лъимаде йигей гьей, хІарачІваялъул унти захІмалъун, ахІдолей йикІана. |
|
| 3 |
|
| Цоги гІаламат загьирлъана зодиб. Гьале анкьго бетІерги бугеб, анцІго лълъарги бугеб цІакъго кІудияб багІараб аздагьо, гьелъул бутІрузда букІана анкьго таж. |
|
| 4 |
|
| РачІ хьвагІун, гьелъ цІвабзазул лъабил бутІа зодиса ракьалде гъинабуна. Гьабурабго лъимер къулчІизе къачІан, лъимер гьабулей йигей гьей гІадамалда цебе чІана доб аздагьо. |
|
| 5 |
|
| Ва гьелъие гьавуна маххул тІилица киналго халкъал жинца рехъаде рачине ругев вас. Гьелъул гьеб лъимер Аллагьасухъе босун ана, гьесул тахида цебе лъезе. |
|
| 6 |
|
| Гьей гІаданги гІицІаб авлахъалде лъутун ана. Гьениб гьелъие къачІан букІараб бакІалда Аллагьас гьелъул тІалаб гьабила азаралда кІинусиялда лъабкъого къоялъ. |
|
| 7 |
|
| Ва зобалазда рагъ ккана — МикагІил ва гьесие мутІигІал малаикзаби аздагьоялда данде рагъулел рукІана, аздагьо ва гьелъие мутІигІал жундул дозда данде рагъулел рукІана. |
|
| 8 |
|
| Амма гьел бергьинчІо, зобалазда тІокІалъ бакІцин хутІичІо гьезие. |
|
| 9 |
|
| Ва Илбисиланги ШайтІаниланги цІар лъураб, жинца тІолабго дуниял къосинабулеб кІудияб аздагьо — некІсияб борохь ракьалде рехана ва гьелъие мутІигІал жундулги рехана гьелдаго цадахъ. |
|
| 10 |
|
| Дида рагІана зодиб цо кутакаб гьаракьалъ абулеб: «Гьанже бачІана нилъер Аллагьасдасан хвасарлъиги, ихтиярги, парччахІлъиги ва гьесул МасихІил ихтиярги, щайгурелъул иман лъуразде гІайиб гІунтІизабураб тушман зобалаздаса гІодобе рехун бугелъул; къасиги-къадги Аллагьасда цебе гьезде гІайиб гІунтІизабулаан гьелъ. |
|
| 11 |
|
| Гьеб аздагьоялдаса гьел бергьана КьагІрил биялдалъунги ва жидерго нугІлъиялъул рагІудалъунги, щайгурелъул холел ругониги, гьел жидерго гІумруялда барахщинчІелъул. |
|
| 12 |
|
| Гьединлъидал, зобал ва зобалазда ругелщиналги, нужеца рохел гьабе! Амма, ракьги ралъадги, нужедени балагь бачІина, — жиндие дагьаб заман хутІун букІинги лъан, гІасиго ццин бахъун, илбис нужехъе рещтІун бугелъул». |
|
| 13 |
|
| Жиб ракьалде рехараблъи лъайдал, дов вас гьавурай чІужугІаданалда хадуб лъугьана гьеб. |
|
| 14 |
|
| КІудияб цІудул кІиго кваркьи кьун букІана гьей гІаданалъе, гІицІаб авлахъалда гьелъие къачІан букІараб ва аздагьоялъухъе щолареб бакІалде йоржине. Гьениб гьелъул тІалаб гьабила лъабго соналъги анлъго моцІалъги. |
|
| 15 |
|
| Аздагьоялъ жиндирго кІалдисан гьелда хадуб гІор гІадин лъим чвахизабуна, гьеб гІуруца гьей йосун инародайилан. |
|
| 16 |
|
| Амма ракьалъ гьелъие квербакъана; жиндирго кІал рагьун, ракьалъ жанибе къулчІана аздагьоялъ кІалдисан лагІун букІараб гІор. |
|
| 17 |
|
| Ва гьеб аздагьоялъул кутакалда ццин бахъана гьей чІужугІаданалда. Ва Аллагьасул амруялги тІуразарулел ва ГІисал хІакъалъулъ жидеца нугІлъиги гьабулел гІадамазда — дой гІаданалъул наслуялдасан хутІарал чагІазда — данде багъизе ана гьеб. Ва гьеб аздагьо ралъдал рагІалда чІана. |
|
|
|
|