|
| 1 |
|
| Дида бихьана ралъдалъа къватІибе лъугьун бачІунеб жанавар. Гьелъул букІана анцІго лълъарги анкьго бетІерги. Гьелъул лълъурдузда тІад букІана анцІго таж. БутІрузда хъван рукІана Аллагьасдехун гІасилъи бихьизабулел цІарал. |
|
| 2 |
|
| Гьеб дида бихьараб жанавар цІиркъалда релълъараб букІана; цидул гІадинал квачІалги рукІана гьелъул, гъалбацІалъул гІадинаб кІалги букІана. Аздагьоялъ гьелъие кьун букІана жиндирго къуватги, жиндирго тахги ва бокьараб гьабизе ихтиярги. |
|
| 3 |
|
| Жанаваралъул цо бетІералда хвалил ругъун бугилан кколеб букІана, амма гьеб хвалил ругъун сахлъана. Ва тІолабго дуниял хІайранлъун букІана гьеб жанаваралъухъ балагьун. |
|
| 4 |
|
| ГІадамаз аздагьоялъе сужда гьабулеб букІана, гьелъ гьеб жанаваралъе хІалкІолъи кьедал. Жанаваралъе суждаги гьабун, гьез абулеб букІана: «Гьаб жанаваралда релълъараб щибниги гьечІогури ракьалда! Гьабгун вагъизе лъида кІолеб?» |
|
| 5 |
|
| Аллагьасда дандечІарал ва чІухІарал рагІаби абизе кІалги кьун букІана гьелъие ва кІикъоялда кІиго моцІалъ бокьараб гьабизе ихтиярги кьун букІана. |
|
| 6 |
|
| Аллагьасул цІарги, гьев чІараб бакІги ва зобалазда ругелалги инжит-хІакъир гьарун, гІасиял жал рицине кІал ричІана гьелъ. |
|
| 7 |
|
| Гьелъие хІалкІолъи кьун букІана Аллагьасул халкъалда данде багъизе ва гьел къезаризе. Киналго наслабазда, халкъазда, мацІазда ва миллатазда тІад хІалкІолъи кьун букІана гьелъие. |
|
| 8 |
|
| Хъун букІараб КьагІрихъ бугеб гІумруялъул тІехьалда дуниял бижараб мехалдаго жидер цІарал хъван рукІинчІел гІадамалги руго гьаб ракьалда. Гьез киназго сужда гьабила жанаваралъе. |
|
| 9 |
|
| ГІундул ругезда рагІизе биччанте: |
|
| 10 |
|
| «Асирлъуде ккезе хъван бугев чи асирлъуде ккечІого хутІуларо. Хвалчаца чІван хвезе хъван бугев чи хвалчаца чІван хвечІого хутІуларо». Аллагьасул халкъалъул сабруги божи-иманги букІине кколеблъи бичІчІулеб буго гьел рагІабаздасан. |
|
| 11 |
|
| Дида цоги жанавар бихьана ракьалдаса къватІибе лъугьун бачІунеб. КьагІрил гІадаб кІиго лълъар букІана гьелъул, амма аздагьо гІадин кІалъалеб букІана. |
|
| 12 |
|
| Доб тІоцебесеб жанаваралда аскІоб бугеб мехалъ, гьелъухъги букІана долъулго гІадаб хІалкІолъи; тІолабго дуниялги дуниялалда тІад ругелщиналги гьелъ тІамулел рукІана жиндир бетІералда букІараб хвалил ругъун сахлъараб доб тІоцебесеб жанаваралъе сужда гьабизе. |
|
| 13 |
|
| Гьелъ чІахІиял ва хІикматал мугІжизатал рихьизаруна, гІадамазда бихьун, зодисан ракьалде цІагицин бачІана. |
|
| 14 |
|
| Доб жанавар бугеб бакІалда мугІжизаталги рихьизарун, ракьалда ругелщинал гуккулел рукІана. Гьелъ гьезие амру гьабулеб букІана, хвалчадул ругъун лъуниги чІаго хутІараб тІоцебесеб жанаваралъул сурат гьабеян. |
|
| 15 |
|
| Гьелъие хІалкІолъи кьун букІана тІоцебесеб жанаваралъул сураталда рухІ лъезабизе, хІатта гьелда кІал-мацІ бижизабизегицин. ХІалкІолъи кьун букІана гьеб сураталъе сужда гьабизе бокьичІел гІадамал чІвазаризеги. |
|
| 16 |
|
| Киналго гІадамазул — гІисиназулги чІахІиязулги, бечедазулги мискиназулги, уздензабазулги лагъзадерилги — кваранаб квералда яги надалда гІуж лъезабуна гьелъ. |
|
| 17 |
|
| Жанаваралъул цІар яги гьелъул цІар бихьизабулеб тарих хъвараб гьеб гІуж гьечІесе ихтияр букІунаро щибниги бичизе яги бичун босизе. |
|
| 18 |
|
| Гьеб бичІчІизе ккани, гІакълу къваригІуна. ГІакълу бугес, хІисаб гьабун, балагье гьеб жанаваралъул цІар бихьизабулеб тарих, — гьеб бугелъулха инсанасул цІаралъулги тарих. Гьелъул цІаралъул тарих — 666. |
|
|
|
|