|
| 1 |
|
| Дида рагІана гьеб кІалгІаялъусан кутакаб гьаракьалдалъун гьев анкьавго малаикасда абулеб: «Инеги ун, нужеца ракьалде чвалхе гьеб анкьабго щуруналъуб бугеб Аллагьасул ццин». |
|
| 2 |
|
| Ва инеги ун тІоцевесев малаикас жиндирго щурун ракьалде чвалхана. Жанаваралъул гІуж бугел ва гьелъул сураталъе сужда гьабурал гІадамазул чурхдузда лъугьана цІакъ захІматал ва ракІ гъанцІулел ругънал. |
|
| 3 |
|
| КІиабилев малаикас жиндирго щурун ралъдалъе чвалхана: чІварав чиясул гІадинаб биялде сверана ралъад, ва гьениб бугеб кинабго рухІчІаголъи хвана. |
|
| 4 |
|
| Лъабабилев малаикас жиндирго щурун гІораздеги лъадал иццаздеги чвалхана: гьелги биялде сверана. |
|
| 5 |
|
| Ва лъадал малаикас абулеб рагІана дида: «Гьаб дур суд ритІухъаб буго, абадияв-даимав вацІцІадав Аллагь! |
|
| 6 |
|
| Вализабазулги аварагзабазулги би гІодобе тІуралъухъ, дуца гьезда би гьекъезабуна. ЦІакъ битІун ккана гьезие гьеб!» |
|
| 7 |
|
| Къурбан хъолеб бакІалда аскІосан абулеб рагІана дида: «БитІараб буго! ЦІакъго ритІухъабги хІакъабги хІукму къотІана дуца, хІалкІолев БетІергьан Аллагь!» |
|
| 8 |
|
| Ункъабилев малаикас жиндирго щурун бакъуде чвалхана. Ва гІадамал цІадуца рухІизаризе ихтияр кьуна бакъуе. |
|
| 9 |
|
| ГІасияб бухІи-гьелегьиналъул гІазабалъукь рукІана гІадамал. Ва гьез нагІана кьолеб букІана киналго гьел балагьал жинда кодор ругев Аллагьасул цІаралъе. Амма тавбу гьабичІо гьез, ва Аллагьасе рецц гьабизеги кантІичІо. |
|
| 10 |
|
| Щуабилев малаикас жиндирго щурун чвалхана жанаваралъул тахиде. БецІлъукье ккана гьелъул парччахІлъи, ва унти-гІазабалъул хІал цІикІкІиналъ, жидерго мацІал хІанчІулел рукІана гІадамаз. |
|
| 11 |
|
| Гьел жидеда тІаде щварал гІазабазухъги ва жидеда ругел ругъназухъги зобалазул Аллагьасе нагІана кьолеб букІана гьез, амма жидер ишаздаса рекІекълъичІо, тавбуги гьабичІо. |
|
| 12 |
|
| Анлъабилев малаикас жиндирго щурун Пурат абураб кІудияб гІурулъе чвалхана, ва гьеб гІурул лъим бакъвана, бакъбаккул рахъалдасан парччахІзабазе нухги рагьана. |
|
| 13 |
|
| Ва дида бихьана къуркъбузда релълъараб лъабго хъубаб жен аздагьоялъул кІалдисанги, жанаваралъул кІалдисанги ва гьересиаварагасул кІалдисанги къватІибе лъугьун бачІунеб. |
|
| 14 |
|
| Гьел руго квешал жундул; гьез гІаламатал рихьизарула. Ва гьел ана тІолабго дуниялалъул парччахІзабазухъе, ХІалкІолев Аллагьасул кІудияб къоялъ цолъун, данделъун, гьел рагъде рахъинаризе. |
|
| 15 |
|
| ТІадегІанас абулеб буго: «Гьале дун цІогьор гІадин вачІунев вуго. Гьардарав гуревдай тІад ретІелги ретІухъе ворчІуда чІарав чи: гьев толохІочго хьвадизе ккеларо ва гІадамаздаса намуслъичІого хутІила». |
|
| 16 |
|
| Гьел жундуз парччахІзабазул боял данде ракІарана жугьутІазул мацІалда Гьармагеддон абулеб бакІалде. |
|
| 17 |
|
| Анкьабилев малаикас жиндирго щуруналъуб букІараб жо гьаваялде чвалхана. Ва Аллагьасул кІалгІаялъуб бугеб тахида аскІосан кутакаб гьаракьалдалъун: «ТІубана!» — ян абулеб рагІана дида. |
|
| 18 |
|
| Ва пири пирхана, гьаркьал рахъана, зоб гъугъадана, кутакалда ракь багъарана; ракьалда гІадамал рижаралдаса нахъе жеги киданиги букІинчІеб къагІидаялъ багъарана ракь. |
|
| 19 |
|
| КІудияб шагьар Вавилон лъабго бутІаялде бихъун ана, ва цогидал халкъазул шагьарал щущан тІатІала ккана. Гьедин Аллагьасда ракІалде щвана кІудияб Вавилон: гьес гьелъие гьекъезе кьуна жиндирго ццидал цІураб щурун. |
|
| 20 |
|
| Ва киналго чІинкІиллъаби лъутун ана, ва мугІрулги ратичІо. |
|
| 21 |
|
| Зодисан гІадамазда тІаде бана щибалъул бакІлъи кІикъоялда анцІго килограмм бугеб горо. Гьеб балагьалъул гІасилъи бихьун, гІадамаз Аллагьасде гІайиб гьабулеб букІана. |
|
|
|
|