|
| 1 |
|
| Гьелдаса хадуб дида вихьана зодисан рещтІунев цоги малаик. Гьесие кьун буго кІудияб ихтияр, ва гьесдасан бачІараб нуралъ гвангъун букІана ракь. |
|
| 2 |
|
| Кутакаб гьаракьалдалъун гьес ахІана: «Щущан ана, Вавилон шагьар щущан ана, шайтІаби чІараб бакІлъун, хъубабщинаб жен, хъубабщинаб ва рокьукъабщинаб хІинчІ бахчулеб бакІлъун лъугьана гьеб. |
|
| 3 |
|
| Вавилоналъ жиндирго гьалагаб хъахІбалъиялъул чагъир тІолалго халкъазда гьекъезабидал, дуниялалъулго парччахІзабазгун цадахъ гьелъ хъахІбалъи гьабидал ва дуниялалъулго базаргаби гьелъул гьарзалъиялдасан бечелъидал ккана гьеб гьедин». |
|
| 4 |
|
| Дида рагІана зодисан цогидаб гьаракьалъ абулеб: «Я, дир халкъ, гьелъул мунагьазулъ гІахьаллъунгутІизе ва гьелъие гьабизе бугеб тамихІалдасаги хвасарлъизе, гьениса къватІибе лъугьа мун. |
|
| 5 |
|
| Гьелъул мунагьазул гьиразул гохІ зодибе гІунтІун бугелъул, гьелъул квешлъабиги Аллагьасда ракІалде щун ругелъул! |
|
| 6 |
|
| Гьелъ нужехъе кьурабги, гьелъухъего нахъе кьун, бецІе, гьелъ гьабунщинабги кІиго бутІаялде бахинабун бецІе. Гьелъ чогърол цІун кьураб лълъар, кІицІулго цІезабун, кье гьелъие. |
|
| 7 |
|
| Гьелъ жиндиего гьабулеб букІараб рецц-бакъалдаги тІалаб гьабулеб букІараб хІарамаб гьарзалъиялдаги бащадаб гІазаб-гІакъубаги къварилъиги рещтІинабе гьелда тІаде. Жий парччахІ йигин, жий къоролайги гурин, жинца чІегІерги баларин гьелда ракІалде ккедал, |
|
| 8 |
|
| цо къоялъ гьелде рещтІина балагьги, къварилъиги, ракъиги; гьелъие суд гьабулев БетІергьан Аллагь къудратав вугелъул, цІадулъ гъанкъила гьей! |
|
| 9 |
|
| Гьелда рекІараб цІадул кІкІуй бихьидал гІодила ва инагьдила гьелда цадахъ хъахІбалъиялдаги хІарамаб гьарзалъиялдаги рукІарал дуниялалъул парччахІзаби. |
|
| 10 |
|
| Гьелде рещтІараб гІазаб-гІакъубаялдаса хІинкъун, рикІкІадаги чІун: „Вай, вай, Вавилон — кІудияб шагьар, щулияб шагьар, цохІо сагІаталда жаниб тІубана дуе къотІараб хІукму“, — ян абила гьез. |
|
| 11 |
|
| Жидер къайи гьанже лъицаниги бичун босулеб гьечІелъул, дуниялалъул базаргабиги гьелъухъ магІу гьабун гІодулел руго. |
|
| 12 |
|
| „Бичун унеб гьечІо меседилги гІарцулги къайи, жавгьар-якъут, къиматаб маргъал, тІеренаб ххам, бецІбагІараб ххам, чиллайдул ххам, канчІбагІараб ххам, махІгьуинаб цІул, магьидул гьарурал батІи-батІиял тІагІелал, къвакІараб къиматаб цІулалги, мазгарулги, маххулги ва мармаралъулги гьабураб къайи, |
|
| 13 |
|
| гъаран, пучч-пилпил, кьеккен гьабулеб нах, мазь, чагъир, нах, хханжу, ролъ, чІегІербоцІи, гІи-цІцІани, чуял, гьакал, лагъзал, ай ричулел гІадамал. |
|
| 14 |
|
| Дуда кодоса ана дур рекІее рокьулел рукІарал пихъал, хараблъана кинабго беричабщинабги гвангъарабщинабги, гьеб киданиги духъе нахъе щвезе гьечІо“. |
|
| 15 |
|
| Гьебгощинаб къайи бича-хисулел рукІарал ва гьелдалъун бечелъарал дол базаргаби, гьелде рещтІараб гІазаб-гІакъубаялдасаги хІинкъун, рикІкІадегІан чІун гІодила. |
|
| 16 |
|
| „Вай, вай, кІудияб шагьар, тІеренаб дарай ретІараб, бецІбагІараб ва канчІбагІараб ххам ретІараб, меседалъ, жавгьар-якъуталъ, къиматаб маргъалалъ къачІараб шагьар! |
|
| 17 |
|
| ЦохІо сагІаталда жаниб хараблъана дур гьеб кІудияб бечелъи“, — абун магІу гьабила гьез. Киналго гумузул бетІергьабиги, киналго гумузда рекІун рукІаралги, ралъдахъабиги ва киналго ралъдадасан бетІербахъаралги рикІкІада чІун рукІана. |
|
| 18 |
|
| Гьелда рекІараб цІадул кІкІуй бихьун: „Гьададинаб кІудияб шагьар киданиги кибниги букІанадай!“ — абун ахІдана гьел. |
|
| 19 |
|
| БотІроде рахъуги бан, гІодилаго магІу гьабуна гьез: „Вай, вай, кІудияб шагьар! Дур гьарзалъиялдасан бечелъана ралъдада ругел киналго гумузул бетІергьаби, ва цохІо сагІаталда жаниб хараблъана мун“. |
|
| 20 |
|
| Гьалдаса роха нуж, зобал; роха, вализаби, чапарзаби, аварагзаби, — гьелъ нужее гьабун букІараб гІадинаб хІукму гьабунин Аллагьас гьелъиеги». |
|
| 21 |
|
| Цо къуватав малаикас кодобе босана кІудияб гьобо гІадинаб гьецІо ва, хьуризабун ралъдалъе гьебги рехун, гьес абуна: «Гьадин хьуризабун рехила кІудияб шагьар Вавилон. Ва тІокІаб букІинаро гьеб. |
|
| 22 |
|
| Вай, Вавилон, тІокІаб рагІиларо дуда арфа хъвалезулги, кочІохъабазулги, щвантІих-лалу пулезулги, зурмихъабазулги макънал. Цониги махщел-гьунаралъул устарги вукІинаро тІокІав дур, дур гьабазул сасги рагІиларо тІокІаб. |
|
| 23 |
|
| Дур чирахъазул канлъул кунчІиги чІваларо тІокІаб, бахІарасулги бахІаралъулги накъитги рагІиларо тІокІаб. Дур базаргаби гьаб ракьалда тІад къадруял чагІи рукІиндал ва дур сихІру-хІиллаялъ тІолалго халкъалги къосинарун рукІиндал, ккела гьеб гьедин. |
|
| 24 |
|
| Гьеб шагьаралда тІад батана аварагзабазулги, вализабазулги ва гьаб ракьалда чІваралщиназулги бидул хІакъ». |
|
|
|
|