×

Библия Инжил Магӏарул 2008

Иоанние Аллагьас 22

1
Гьес дида бихьизабуна маулхІаяталъул лъадал гІор. БацІцІадаб цІер гІадаб гьеб гІор чвахун бачІунеб букІана Аллагьасулги КьагІрилги тахида цебесан.
2
Шагьаралъул къватІ кІийиде бикьизабун чвахулеб букІана гьеб. ГІумруялъул гъотІол — анцІила кІиго нухалъ жинца пихъ кьолеб ва щибаб моцІалъ тІад пихъги бижулеб гъотІол гІаркьалаби гІунтІун ругоан гІурул кІиябго рагІалалде. Гьеб гъотІол тІамахги халкъазе дару буго.
3
Гьеб шагьаралда тІокІаб киданиги хІарамаб жо букІинаро. Гьениб букІина Аллагьасулги КьагІрилги тах, ва жиндирго лагъзадерица гьесие хъулухъги гьабила.
4
Гьезда гьесул гьумер бихьила, ва гьезул надалдаги лъугьина гьесул цІаралъул гІуж.
5
Сордо гьениб тІокІаб киданиги букІине гьечІо; БетІергьан Аллагьас жиндирго нуралдалъун кьела гьезие канлъи, ва абадул абадиялъго парччахІлъиги гьабила гьез.
6
Гьес дида абуна: «Гьал рагІаби ритІухъал ва хІакъал руго. Илагьияб РухІ аварагзабазухъе рещтІинабулев БетІергьан Аллагьас чапар витІана кватІичІого ккезе бугебщинаб жиндирго лагъзадерида бихьизабизе».
7
«Гьале кватІичІого тІаде щвела!» — ян абуна МасихІица. Гьардарав гуревдай хадубккун лъугьине бугебилан гьаб тІехьалда хъварал рагІаби рехун течІев чи.
8
Дида — Иоаннида — бихьана ва рагІана гьеб кинабго. Гьеб бихьараб ва рагІараб мехалда дун кІалагъоркье ккана дида гьеб бихьизабурав малаикасул хІатІазда цеве. Дица гьесие сужда гьабизехъин букІана.
9
Гьес дида абуна: «Гьеб бегьуларебха! Дурги, дур вацал — аварагзабазулги, гьаб тІехьалъул рагІаби рехун течІелщиназулги гьалмагъ вуго дун. ЦохІо Аллагьасе гьабе сужда».
10
Цинги гьес абуна: «Болжал тІаде щолеб бугебин, воре, хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ гьаб тІехьалда ругел рагІаби рахчун тоге.
11
Квешав цевего гІадин квешлъи гьабулев вукІаян абе, хъубавги хъублъи гьабулев вукІаян абе, ритІухъавги ритІухъабщинаб гьабулев вукІаян абе ва вацІцІадавги цевего гІадин бацІцІадабщинаб гьабулев вукІаян абе.
12
Гьале дун кватІичІого тІаде щвела. Дихъ буго щивасул ишазда рекъон кьезе шапакъат.
13
Дун вуго Алипги Яги, ТІоцевесевги ТІарамагъадисевги, Авалги Ахирги!
14
Гьардарал гурелдай гІумруялъул гъотІодаса пихъ кваназейилан ва шагьаралда жанире кавудухъан лъугьинейилан ретІел чурун бацІцІад гьабурал гІадамал.
15
КъватІирехун руго гьабиги, сихІручагІиги, хъахІбабиги, чІвадарухъабиги, гьересиаллагьзабазе гІибадат гьабулелщиналги, гьереси бокьулелщиналги, гьересиябщинаб жидеца гьабулелги.
16
Дица — ГІисаца — дирго чапар витІана нужехъе, — гьалъул хІакъалъулъ жамагІатазда лъазабейилан. Дун вуго Давудил кьибилги ва гьесул кьолбол васги. Дун вуго гвангъараб рогьалил цІва».
17
Илагьияб РухІалъги бахІаралъги абула: «ВачІа!» — ян. ВачІайилан абизе биччанте гьеб рагІарасги. Гьекъезе бокьарав вачІайилан абе, ва бокьанщинас маулхІаяталъул лъим чІобого босейилан абе.
18
Хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ гьаб тІехьалда ругел рагІабазухъ гІенеккун ругезда лъазабун толеб буго — гьел рагІабазда тІаде лъицаниги щибниги жубани, гьесда тІаде Аллагьасги журала гьаб тІехьалда рехсарал балагьалги гІазабалги.
19
Хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ гьаб тІехьалда ругел рагІабазда тІаса лъицаниги щибниги босани, Аллагьас гьесда тІасаги босила гІумруялъул гъветІалдаги мукъадасаб шагьаралдаги гьесул букІараб бутІа, — гьаб тІехьалда жиндир хІакъалъулъ рехсон бугеб бутІа.
20
Гьел рагІаби ритІухъ гьарулев МасихІица абулеб буго: «БитІараб буго. Дун хехго вачІина!» — ян. Амин! ВачІа, ТІадегІанав ГІиса!
21
Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркат лъеги киназдаго! Амин!
Avar Bible 2008
Библия таржама гьабиялъул институт Москва 2008
:
Сохранить Заметки