|
| 1 |
|
| Сардисалда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Аллагьасул анкьго кІудияв малаик жинда аскІов вугес, жиндихъ анкьго цІваги бугес гьадин абулеб буго: Дида лъала дур ишал. Дур рахъалъ абулеб буго мун чІаго вугилан, амма хун вугевха мун. |
|
| 2 |
|
| Макьидаса вигьа ва дулъ хвечІого хутІараб, амма кватІичІого хвезе бугебщинаб щулалъизабе — дур ишал щвалде щвараллъун рихьулел гьечІо дир Аллагьасда. |
|
| 3 |
|
| ХІасил, духъе щварабги ва дуда рагІарабги ракІалде щвезабе, гьеб цІуне ва кантІе. Мун вигьинчІони, цІогьор гІадин вачІина дун, ва дуда лъазе гьечІо дун кида духъе вачІиневали. |
|
| 4 |
|
| Амма дур гьенив Сардисалда вуго ретІел хъублъизабичІев чанго чи, гьел дида цадахъ хъахІаб ратІлилъ хьвадизе руго, гьелъие мустахІикъал ругелъул. |
|
| 5 |
|
| Бергьаравги, гьелго гІадин, хъахІаб ратІлилъ вукІине вуго. ГІумруялъул тІехьалдаса гьесул цІарги киданиги хъвагІаларо дица. Гьесул цІар рехсела дирго Инсудаги гьесул малаикзабаздаги цебе. |
|
| 6 |
|
| ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали». |
|
| 7 |
|
| Филадельфиялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Жив вацІцІадас, Жив хІакъас, Давуд парччахІасул кІул кодоб бугес (гьес ричІараб лъиданиги рахазе кІоларо, гьес рахараб лъиданиги ричІизеги кІоларо) гьадин абулеб буго: |
|
| 8 |
|
| Дида лъала дур ишал. Балагьея, дица дуда цебе нуцІа рагьана, лъиданиги кІоларо гьеб къазе. ЗагІипав чи вукІаниги, дир рагІи цІунана дуца ва дир цІаралдаса инкарги гьабичІо. |
|
| 9 |
|
| Балагьея, дица духъе кьела илбисалъул агьлуялда гьоркьоса цо-цо чагІи. Гьез абула жал ругин Аллагьасул халкъ, (амма гьел Аллагьасул халкъ гуро, гьерсихъаби руго). РачІун дур хІатІазда цере накабазда чІезе тІамила дица гьел, ва гьебмехалда лъала гьезда мун дие вокьулевлъи. |
|
| 10 |
|
| Сабру гьабейилан бугеб дир амру дуца цІунидал, дицаги цІунила мун, — ракьалда ругезул хІалбихьизе тІолабго дуниялалде балагьалъул къо бачІараб мехалъ. |
|
| 11 |
|
| Дун кватІичІого вачІина. Дуе щвараб шапакъат вачІун лъицаниги бахъичІого хутІизе, духъго бугеб щулаго ккве. |
|
| 12 |
|
| Бергьаравги дица гьавила дирго Аллагьасул кІалгІаялъул хІубилъун. Гьев тІокІав киданиги гьениса къватІиве лъугьинаро. Дица гьеб хІобода хъвала дирго Аллагьасул цІар, дирго Аллагьасул шагьаралъул — дир Аллагьасдасан зодисан рещтІине бугеб цІияб Иерусалималъул — цІар ва дирго цІияб цІарги. |
|
| 13 |
|
| ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали». |
|
| 14 |
|
| Лаодикеялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Жинда божизе бегьулес, РитІухъав ва ХІакъав нугІас, Аллагьас бижанщиналъул аваллъун вугес гьадин абулеб буго: |
|
| 15 |
|
| Дида лъала дур ишал. Дулъ я бухІи гуро, я цІорой гуро. Дулъ бухІиниги цІоройниги букІарабаниха! |
|
| 16 |
|
| Хинлъи гурони, дулъ я бухІи, я цІорой гьечІелъул, дица мун дирго кІалдиса къватІиве тун рехила. |
|
| 17 |
|
| Дуца абулеб буго мун бечедго вугин, цІакъго ресалда вугин ва сундениги хІажалъунги гьечІин. Дуда бичІчІулеб гьечІо мун талихІ къосарав, хІакъирав, пакъирав, бецав ва гІицІав чи вукІин. |
|
| 18 |
|
| Дица дуе гІакълу кьела дихъа бичун босейин цІаялъ бацІцІад гьабураб месед — мунго бечелъизе; дихъа бичун босейин хъахІаб ретІел — дурго инжитаб гІицІлъи бахчизе; дихъа даруги бичун босейин — дурго бадиб бахине. Гьебмехалда канлъи бихьила дуда. |
|
| 19 |
|
| Диего рокьулезда гІайибги чІвала дица, тамихІги гьабула. Гьединлъидал дуца хІаракат бахъе ва тавбу гьабе. |
|
| 20 |
|
| Гьале нуцІихъе вачІун вуго дун, заруца бухулеб буго дица гьеб! Дир гьаракь рагІун нуцІа рагьарасухъе гьоболлъухъ ина. Цинги цадахъ гІодор чІун дунги гьевги квана-гьекъела! |
|
| 21 |
|
| Дун бергьиндал дир Инсуца дунги жиндирго тахида тІад гІодов чІезавурав гІадин, дицаги бергьарав дидаго аскІов дирго тахида гІодов чІезавила. |
|
| 22 |
|
| ГІундул ругезда рагІизе биччанте иман лъуразул жамагІатазда Илагьияб РухІалъ щибилан абулеб бугебали». |
|
|
|
|