|
| 1 |
|
| Тахида гІодов чІарасдаса кваранидехун дида бихьана кІиябго рахъалда хъвай-хъвагІай бугеб гурараб халатаб кагъат, анкьго мугьру чІван бугоан гьелда. |
|
| 2 |
|
| Дида вихьана цо зорбаяв малаик, кІудияб гьаркьидалъун гьес ахІулеб букІана: «ТІад чІвараб анкьабго мугьруги тІезабун, гьаб кагъат рагьизе щив мустахІикъав вугев?» |
|
| 3 |
|
| Я зобалазда, я ракьалда, я ракьалда гъоркь вугев цонигиясда кІвечІо, гьеб кагъат рагьун, гьелда щиб хъван бугебали хал гьабизе. |
|
| 4 |
|
| Кагъат рагьун гьелда щиб хъван бугебали хал гьабизе мустахІикъав чи цониги ватичІелъул, дун гІемерав гІодана. |
|
| 5 |
|
| Цо хІакимас дида абуна: «ГІодуге мун. Балагье, Ягьудал наслуялъул Давудил кьибилалъул гъалбацІ бергьана, гьединлъидал гьелда кІола, анкьабго мугьруги тІезабун, кагъат рагьизе». |
|
| 6 |
|
| Ункъабго рухІчІаголъиялъги хІакимзабазги сверун ккураб тахалда тІад бугоан хъун букІараб гІадинаб цо КьегІер. Гьелъул букІана анкьго лълъарги анкьго берги. Гьелъул магІнаги — Аллагьас тІолабго ракьалде витІарав анкьго кІудияв малаик. |
|
| 7 |
|
| БачІун КьагІрица доб кагъат босана тахида гІодов чІарасул кваранаб хъатикьа. |
|
| 8 |
|
| Доб ункъабго рухІчІаголъиги къоло ункъавго хІакимги гьеб КьагІрида цере кІалагъоркье ккана ва щивасда кодоб букІана арфаги кьеккен гьабулеб махІгьуинаб нахул цІураб меседил щурунги. (Гьелъул магІна — Аллагьасул халкъалъул дугІа.) |
|
| 9 |
|
| Гьез цІияб кечІ ахІана: «Хъун букІиндал ва дурго бидухъ дуца щибаб наслуялъул, щибаб мацІалъул, щибаб халкъалъул ва щибаб миллаталъул гІадамал Аллагьасе ричун росидал, мун мустахІикъаб буго, босун гьеб кагътил мугьру тІезабизе. |
|
| 10 |
|
| Дуца гьел парччахІлъиялде рачана ва нилъер Аллагьасул кашишзабилъунги лъугьинаруна. Гьез ракьалда парччахІлъи гьабила». |
|
| 11 |
|
| Дун валагьана ва дида рагІана тахалда сверухъ ва рухІчІаголъабаздаги хІакимзабаздаги сверухъ ругел гІемерал малаикзабазул гьаркьал. РикІкІун хІалкІоларелгІан гІемер рукІана гьел. |
|
| 12 |
|
| КІудияб гьаркьидалъун гьез ахІулеб букІана: «Хъун букІараб гьаб КьегІер мустахІикъаб буго кверщелги, бечелъиги, гІакълуги, къудратги, къадру-къиматги, реццги, баркатги насиблъизе!» |
|
| 13 |
|
| Зобалаздаги, ракьалдаги, ралъдадаги ва гьезда жанибги рухІ бугебщиналъ ахІулеб рагІана дида: «Тахида гІодов чІарасе ва КьагІрие абадул абадиялъго баркатги, къадру-къиматги, реццги, къудратги!» |
|
| 14 |
|
| Ункъабго рухІчІаголъиялъ «Амин» абуна. КІалагъоркье речІчІун, хІакимзабаз сужда гьабуна. |
|
|
|
|