×

Библия Инжил Магӏарул 2008

Иоанние Аллагьас 7

1
Гьелдаса хадуб дида вихьана дуниялалъул ункъабго бокІнилъ чІарав ункъо малаик. Я ракьалде, я ралъдаде, яги цониги гъветІ-хералде пуйзе биччачІого, гьез ккун чІезабун букІана дуниялалъул ункъо гьури.
2
Цоги малаик вихьана дида бакъбаккул рахъалдасан ваккун вачІунев. ХІакъав Аллагьасул мугьру букІана гьесухъ. Ракьалъеги ралъдаеги зарал гьабизе изну кьурав ункъо малаикасде кутакаб гьаракьалдалъун ахІана гьес:
3
«Нижеца нилъер Аллагьасул лагъзадерил надалда мугьру чІвазегІан, я ракьалъе, я ралъдае, яги гъветІ-хералъе зарал гьабуге нужеца».
4
Дида рагІана Исраилил киналго наслабаздасан нусиялда кІикъоялда ункъазарго чиясда мугьру чІван бугин абулеб:
5
Ягьудал наслуялдаса мугьру чІваразул анцІила кІиазарго чи вуго, Рубенил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи, Гадил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи,
6
Ашерил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи, Нафталил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи, Менашил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи,
7
ШимгІонил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи, Левийил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи, Иссахарил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи,
8
Зебулонил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи, Юсупил наслуялдасаги — анцІила кІиазарго чи ва Буняминил наслуялдасаги анцІила кІиазарго чи вуго мугьру чІваразда гьоркьов.
9
Нахъеги валагьана дун. Гьале щибаб миллаталъул, наслуялъул, халкъалъул ва мацІалъул гІадамаздасан лъугьараб, лъиданиги рикІкІун хІалкІолареб руккел чІун буго тахида ва КьагІрида цебе. Киназго ретІун руго хъахІал гІабаби ва хъатикь ккун руго чамасдакил гъотІол гІаркьалаби.
10
Кутакаб гьаракьалдалъун ахІулеб буго гьез: «Тахида гІодов чІарав нижер Аллагьасухъ ва КьагІрихъ буго хвасарлъи!»
11
Киналго малаикзаби чІун рукІана тахалдаги, хІакимзабаздаги ва доб ункъабго рухІчІаголъиялдаги сверухъ. Тахалда цере кІалагъоркье речІчІун, гьез Аллагьасе сужда гьабулеб букІана.
12
Абулебги букІана гьез: «Амин! Нижер Аллагьасухъ буго абадул абадиялъ баркатги, реццги, гІакъиллъиги, кІодолъиги, къадру-къиматги, къудратги, хІалкІолъиги! Амин!»
13
Дидехун вуссун цо хІакимас гьикъана: «Гьал хъахІал гІабаби ретІарал гІадамал щал кколел ва киса рачІарал чагІи гьел?»
14
Дица гьесда абуна: «Дуда лъалаха, бетІерчІахъад!» — ан. Гьес дида абуна: «Гьел рачІун руго кІудияб гІазаб-гІакъубаялдаса. КьагІрил биялъ чурун хадуб хъахІлъана гьезул гІабаби.
15
Гьединлъидалин гьел Аллагьасул тахалда цере ругел ва къасиги-къадги гьесул кІалгІаялъуб гьесие тІагІат-гІибадатги гьабулеб бугеб. Тахида чІарас жиндирго чодрокье рачина гьел.
16
Гьел тІокІал киданиги ракъиларо, къечеларо, бакъул бухІиги гьезие букІинаро, багІари-гьелегьинги гьезда хъваларо.
17
Тахил бакьулъ бугеб КьегІер гьезул вехьлъун лъугьунелъулха. Гьелъ рачина гьел маулхІаяталъул иццухъе, Аллагьас гьезул бадиса щибаб магІил гороги бацІцІина».
Avar Bible 2008
Библия таржама гьабиялъул институт Москва 2008
:
Сохранить Заметки