×

Библия Инжил Магӏарул 2008

Иоанние Аллагьас 8

1
КьагІрица анкьабилеб мугьру тІезабуна. Бащдаб сагІат гІанасеб заманалда зодиб сихІкъотІи лъугьана.
2
Дида вихьана Аллагьасда цеве чІарав анкьго малаик. Гьезул щивасухъе пуйзе кьун букІана цо-цо ссур.
3
ВачІун къурбан хъолеб бакІалда цеве кьеккен гьабизе, меседил щурунги хъатикь, ккун эхетана цоги малаик. ГІемераб махІгьуинаб нах кьун букІана гьесухъе, — кинабго Аллагьасул халкъалъ дугІаги гьабун, тахида цебе къурбан тІад хъолеб меседил къаниде тІун, кьеккен гьабизе.
4
Малаикас бачІараб гьеб нахул лъугьараб кІкІуй, Аллагьасул халкъалъул дугІадул гьаракьгун цадахъ, гьев разилъизе зодибе ана.
5
Кьеккен гьабулеб щурунги кодобе босун, къурбан тІад хъолеб доб къанидаса цІадул цІезабуна малаикас гьеб, цинги ракьалде хьвагІун балагьизабуна. Гьебмехалда зобал гъугъадана, гьаркьал рахъана, пири пирхана ва ракь багъарана.
6
Анкьго ссур кодоб бугев анкьавго малаик ссуралъубе пуйзе къачІан чІана.
7
Ва тІоцевесев малаикас ссуралъубе пуна, ва горо-цІер бана, ва бигун жубараб цІаги бачІана ракьалде. Ракьалъул лъабил бутІа бухІана гьелъ, гъутІбузул лъабил бутІаги бухІана ва кинабго гІурччинхерги бухІана.
8
Ва кІиабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва цІа рекІараб кІудияб мегІер гІадаб жо ралъдалъе бортун бачІана. Ва ралъдал лъабил бутІа биялде сверана.
9
Ва ралъдал рухІчІаголъабазул лъабил бутІа хвана, гумузул лъабил бутІаги щущан ана.
10
Ва лъабабилев малаикас ссуралъубе пуна, ва зодисан бортун бачІана цІа рекІараб сунтур гІадинаб кІудияб цІва. Гьеб тІаде бортана гІоразул лъабил бутІаялде ва лъадал иццаздеги.
11
Гьеб цІваялда цІар букІана «КьогІаб хер». Ва лъадал лъабил бутІа гьеб хер гІадин кьогІлъана, ва кьогІаб лъим гьекъон гІемерав чи хвана.
12
Ва ункъабилев малаикас ссуралъубе пуна — гьаргьадулаго ссун ана бакъул лъабил бутІа, ва моцІрол лъабил бутІа, ва цІвабзазул лъабил бутІа — кинабго канлъул лъабил бутІа. Къоялъул лъабил бутІа бецІлъун хутІана, гьединго сардил лъабил бутІаги бецІлъун хутІана.
13
Дун валагьана, ва дида рагІана зоб бакьулъан боржун унеб цо цІудуца кутакаб гьаракьалдалъун гьадин ахІулеб: «Вай, вай, вай, жеги ссуралъубе пуйчІев лъабго малаикас ссуралъубе пураб мехалда, гьаб ракьалда ругезде бачІине бугеб балагьха!»
Avar Bible 2008
Библия таржама гьабиялъул институт Москва 2008
:
Сохранить Заметки